Аслияб гьумералде

Гьигьалъа наиб Имам МухIаммад

Гьигьалъа наиб Имам МухIаммад

Гьигьалъа наиб Имам МухIаммад

Имам МухIаммад бин Къади бин КъадиласмухIаммад бин Къади бин МухIаммад бин ГIали бин МухIаммад бин Гьанжук бин ГIали бин Гьанжук бин ГIали бин Гьанжук – шайих Абу Муслим Аш-Шами хун хадув Египеталдаса Дагъистаналде вачIарав чи. Абула гьев нилъер гьаниве анкьабилеб гIасруялда вачIанин абун.

 

Имам МухIаммад гьавуна 1828 соналда, Гьигьалъ росулъ. Гьес гIелму тIалаб гьабизе байбихьана жиндирго росдал мадрасалда. Хадуб гIелму босана Дагъистаналда машгьурав гIалим Хъваршиса Загъаласухъа.

Имам МухIаммад вукIана гIалим, факъигь, имам Шамилил наиб. Гьев наиблъун толелъул имамас рехсана гьесул кIудияв инсул манакъибал ва хадуб абуна: «Мун вукIа гьединав чиясда релълъун, жинда гIадамаз гIайибги чIваларев, мунго сабаблъун Аллагь цо гьавулезул къуват бекичIого букIине ва мунапикъзаби рохичIого рукIине», - ян.

Гьесул кIудияв эмен вукIана имам Шамилие квер бакъулезул цояв. Имамас наиблъиялда тана КъадиласмухIаммадил кIиявго вас - Малач ва ГIабдулкъадир. Гьединго кIиявго васасул васалги - Къадил вас МухIаммадги ва Къадил вас Имам МухIаммадги.

Имам Шамилица мушавара гьабулеб букIун буго Хъваршиса Загъаласулгун. Ва наибзаби толеб мехалъги гьесда цIехон буго. Загъалас жаваб кьун буго: «БегIерун гьитIинаб гIащтIи битIанин абун, Дагъистаналда гьаракь рагIизе буго», - ян. Гьедин абун буго гьес Имам МухIаммадил хIакъалъулъ.

Имам МухIаммадил эмен Къади шагьидлъун вуго капурзабаз Шали бахъидал. Имам Шамилица жинцаго вукъунги вуго гьев.

Имам МухIаммадил йикIун йиго чанго чIужу, ахирисей ячун йиго 70 сон бараб мехалда. Гьейги кколаан Гьигьалъа ГIумарил яс ПатIимат.Гьелъ гьесие гьарун руго кIиго вас: Атабай ва МухIаммад, кIиго яс: ПатIимат ва Анисат. Гьесул цогидал руччабаз гьаруралги лъимал рукIана.

Имам МухIаммадил рукIун руго гIемерал гIелмиял тIахьал, гьезул цояб, «ТухIфатул муназирина фи адабил бахIс ва гьиянул гъараиб» ккола. Гьединго гьелда абула «Тариху Имам МухIаммад» абунги.

Имам МухIаммад хвана 1918 соналда, зухIаялъул как балаго, суждаялда. Гьесул хоб буго Гьигьалъ росулъ, жиндирго вас Сиражудинил хобалда нахъа.

Гъодобериса Къурбан-хIажияс гьесул хIакъалъулъ абун буго:

«Имамасул наиб сапаралъ индал,

ГIалимзабаздехун дагьав кIалъазин.

ГIелмуялъул нихIрир къанабалъ лъедал,

Къадизабаздехун гаргар гьабизин.

Гъараибул гьимъян гъаримги гьабун

ГъалбацI къокъаравищ къваридаб хабалъ», - абун.

 

МухIаммад НурасмухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...