Аслияб гьумералде

ТӀаса лъугьа, эбел

ТӀаса лъугьа, эбел

ТӀаса лъугьа, эбел

Эбелин абулеб гьеб рагӀиялъул

Гъварилъи балагье, щибаб мацӀалда.

ЛъагӀалида жаниб цо къо гьелъий кьей,

Рекъон букӀунаро бусурбабазда.

 

Щайилан гьикъани, дуе гьелъ кьуна

ТӀубарабго лъагӀел, рекӀеда гъоркь бакӀ.

КӀиго сон кодобги, кинабго гӀумру,

РекӀелъ ккун ваччана щивав эбелалъ.

 

Эбелалъул буго лъабнусабго къо,

Лъабкъоялда щуго жеги тӀадеги.

ТӀадеги щибалъул къоло ункъабго,

СагӀатги гьелъие мустахӀикълъана.

 

Дие гӀумру кьурай, рокьиги кьурай,

Щибаб хӀухьел кьурай, хӀалхьиги кьурай.

ХӀинкъарабго аман жиндилъ батарай,

ХӀал кӀоларо дида шукру гьабизе.

 

ГьитӀинго тарбия гьелъ кьола нилъей,

Аллагьасда иман малъана дида.

Исламияб хьвади, вукӀа-вахъинги,

ГӀаданлъун вукӀинги - гьелъул тарбия.

 

Аллагьасул рахӀмат буго ракьалда,

Дунял кьунаниги хисиго гьечӀеб.

Гьеб рахӀматги буго ракьалда бугеб,

Эбелин абулеб Бичасул малайк.

 

Гьанже бицеха вац, щиб къо доб бугеб,

Эбелалъул абун бихьизабураб.

Дуе гӀумру кьурай, кьалбалги кьурай,

Кьурулъун мун цӀунун нахъаги чӀарай.

 

Дунял-ухраялда бакӀ щвечӀониги,

Божараб бакӀ буго дуй гьелъул рекӀелъ.

Къварилъиги гьечӀеб, ургъелги гьечӀеб,

ХӀинкъи-къайги гьечӀеб, гьава рекъараб.

 

ТӀаса лъугьа, эбел, мун васасдаса,

Чанги рекӀел бакъвай гьабуна дица.

Цониги нух гьечӀо гьабуралдаса

РакӀ бакъван гурого. Мун тӀаса лъугьа.

 

МухIаммад НурмухIаммадов,

ГIахьалчIи росдал имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...