Аслияб гьумералде

Замана хисун гьечIо

Замана хисун гьечIо

Замана хисун гьечIо

Замана хисун гьечIо,

Хисулел руго нилъго.

Кинабго гьарза буго,

Гьеб нилъей гIолеб гьечIо.

 

Дин-ислам рагьун буго,

Иман загIиплъун буго.

ВагIзаби гIемер руго,

ГIин тIамулел дагь руго.

 

Тун руго нилъ эркенго,

Кинабго гьарза буго.

КидаллъагIан гьадинан,

Тезе ругеб лъаларо.

 

Лъалев БетIергьан вуго,

Гьесде буго гьариги,

Дур загIипал лагъзал ниж,

Риччаге балагьалин.

 

Ракъигун къечалдаса,

Дуца цIуне, БетIергьан.

Кинниги нижеда гьеб,

ГьечIо кIвезе хIехьезе.

 

ХIалихьатал гIамалал,

Дуда рихьула, Аллагь.

ГIамалал рорцинчIого,

Дур цIоб цебе ккезабе.

 

Иблисалъ кодой росун,

Напсалъ кверщелги гьабун.

Гьаваялда нахъ ругин,

ГурхIа, РахIман, нижеда.

 

Дур лагъзалгун дагIбадун,

Доздехун гъибат гьабун,

Рияъ-сумгIги гIемерлъун,

ГIумру тIамулеб буго.

 

ЖахIда-хIусудги гьабун,

ГьечIел гIайибалги чIван,

ГIадамал какулаго,

Унел къоялги руго.

 

Кинниги нижер къасдал,

КъваригIел гьечIебги тун,

Тавбу гьабун, ракI бухIун,

ХIарамаб рехун тезе.

 

Рихьдае жиб гьабулеб,

Гьабиларо гIамалги.

ГIадан къварид гьавулеб,

КъагIида жибго тела.

 

Напсалда тIадги хIалтIун,

ХIилла-рекIкI биччаларо.

ХIалхъублъи нахъе рехун,

Бугьтаналги лъеларо.

 

Дуца тавпикъ кье, Аллагь,

Кьурал къоял инегIан,

Мун разияб гIамалгун,

ГIибадатги гьабизе.

 

Гьаб ракьалда рижарал,

ЗагIипал лагъзал ругин.

Дур гIатIидаб цIобги лъун,

ЦIуне, Аллагь, Дуца ниж.

 

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...