Аслияб гьумералде

Абадияб рокъоре къокъун аразде

Абадияб рокъоре къокъун аразде

Абадияб рокъоре къокъун аразде

Дагьаб цебегlан ккараб къваридаб лъугьа-бахъиналъул хlакъалъулъ хъвараб назму буго гьаб, ай щуго чи цо къоялъ рухlараб хъизамалъул хIакъалъулъ.

 

Бухьарабищ, Шамил, халатаб сапар,

Сайигъат щолареб, тlадруссунареб.

Тlамурабищ гали абадиялде,

Анищан гьарурал лъималгун цадахъ.

Аллагьасул салам, рахlмат, баракат

 Щибаб лагаялда рещтlаге, дарман.

Иманияб хвел-хоб, ислам мухlканлъи

Насиблъун гьабеге, Аллагьас дуе.

Нужеца рукълъураб керенги турун,

Канлъи буго босун гlисинал тlанчlи.

Кие юссаниги нужги церечlун,

Цlа буго бакулеб жаниб каранда.

Балагьун гlорцlичlел чlегlерал берал,

Чlурканаб нур босун сурукълъанадай.

Дур кlалдир ругьунал маргъалул цаби

Цоцада хъвачlого рортун анадай.

Хинаб рокъор жанир ругьунал лугбал,

Рекъон ккун ругелдай къанабазда гъоркь.

Цlорораб ракьалда ругьунлъичlеб черх

Чанун савуги бан сси хун бугодай?

Кьучlдаса щущайги берцинаб мина,

Нужей хlиллаялъе хlадурун чlараб.

Хlулилъун боржаги тlад лъураб кирпич,

Киналго хъизамал цадахъ къанщарал.

Дуй йокьун ячарай хlалалай лъади

Хlурулгlинзабигун цадахъ ятаги.

Гьарухъе гьарурал гьитlинал тlанчlи,

Тlолго алжаназда жанир ратаги.

Нилъеца къадарги къотlуларелъул

Къварилъуге абе, дир эбелалда.

Къадаралде данде щивго чlечlелъул

Щулаго чlа абе ункъачабазда.

Хадур угьдунилан араб щоларо,

Хутlила нуж нижер кидаго рекlелъ.

Хвелалъ рахlму бергьун гьоркьов чи течlо,

Нух битlаги, дарман, гьечlо мун гьанже.

 

Суайбат Ибрагьимова, ГIуриб росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...