Аслияб гьумералде

КантIе, диналъул агьлу

КантIе, диналъул агьлу

КантIе, диналъул агьлу

Дунялалъухъ гIащикълъун

ГIумру тIамулеб буго.

ГIизраил щвеларилан

Шагьватазда нахъ руго.

 

Нахъа бухъизе бугеб

Къваридаб хоб кIочон тун.

Тира-сверун, саяхъго

Сонал тIамулел руго.

 

Сверухълъи бихьулареб

БецIаб гвандиниб жаниб,

Лъезе бугеб къаркъала,

Къойил мунагь гьабулеб.

 

Мункаргун Накирасул

Суалал рукIин лъалев,

ЛъикIаб гьечIеб гIамалгун

ГIумру тIамулев вуго.

 

ТIеренаб СиратI буго

Бахине дуца кколеб.

Кинго ургъел гьечIого

Кеп-гIоркьалда мун вуго.

 

ГIаданиб нах гьалулеб

ГIарасат цебе буго.

Гьелъул пикру гьечIого

ГIадамал какулел руго.

 

МахIшаралъул къо буго

ХIинкъи жиндир кIудияб.

Къадирас цере ахIун

ХIисаб нилъер гьабулеб.

 

Гьениб лъала нилъеда

Кинабгоги хIакъикъат.

Къойил гьаб дунялалда

Гьарурал мунагьал.

 

Гьанже гIодун гьардеялъ,

Гьабиларо кумек.

Кумекалъе батулеб

ГIамал батичIони.

 

Гьарурал мунагьазухъ

Гьадияс тамихIалъе,

ХIадурун батила

БухIи кутакаб жужахI.

 

КантIе, диналъул агьлу,

Ахират - даимаб рукъ.

Руссине руго гьенир

Нилъ киналго цо къоялъ.

 

Цадахъ гьенибе боцIи,

ЦIар, хъулухъ босуларо.

Босула гьаб ракьалда

Гьабураб нилъер гIамал.

 

ГIарасалда роххизе,

Хвасарлъи гьениб щвезе,

Щивас хIаракат бахъе,

ЛъикIаб гIамал цIикIкIине.

 

ЦIикIкIани лъикIал рахъал,

РахIманасул рахIмуялъ,

Алжаналде ритIилин

РекIелъ хьуллъун рукIина.

 

КIудияб ГIаршалъул Хан,

Халкъалъул Мун БетIергьан.

БитIараб нухккун ине

Кумек гьабе нижее.

 

 

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...