Аслияб гьумералде

ГIагараб ЦIиликь росдаде

ГIагараб ЦIиликь росдаде

Ассаламу гIалайкум,

ГIагараб ЦIиликь росу,

МагIарул гIадат-гIамал,

ГIасрабаца гIуцIараб.

 

Бакълъулазул ракьалда,

Чачаназул гIорхъода,

ТIелкьадерил тIел рештIун,

КьучI лъураб ЦIиликь росу.

 

ЩунусгогIан сонаца,

Росдал гIумру гIуцIарал,

Исламалъул кьучIалда,

ШаргIгун, гIадат цIунарал.

 

ГIазогун-цIад гьарзаяб,

Гьогьомал мугIрузда тIад,

Кьварараб тIабигIаталъ,

ГIадамал лъадарараб.

 

Къурайшиял наслаби,

ГIасрабаз цоцалъ гъункун,

Ислам щулаго ккураб,

Баракат бугеб росу.

ГIакълу-гIелму тIокIкIарал,

ГIалимзаби рахъараб,

Коммунистаз гьел зурун,

Зулму хIехьезе ккарал.

 

ШаргIияб, ВатIан цIунун,

Шамил имам вахъиндал,

Муридаз,Наибзабаз,

Тарих бечедаб росу.

 

Шамилил муридазул,

Бодулъ рекIунел чуял,

Роол мугIразде рачун,

Хьихьараб ЦIиликь росу.

 

ВатIанияб рагъулъе,

Лъабкъого васги витIун,

Ращадал нахъ руссинчIеб,

ГьитIинаб ЦIиликь росу.

 

Росдалгун-колхозалъул,

МагIишат гIуцIулаго,

ГIи-боцIи хъачагъаз ун,

Къо бихьараб росу мун.

 

МагIарухъ ЦIиликь росу,

Бехехун ЦIияб ЦIиликь,

Шагьаразда росабалъ,

Халкъ тIибитIараб росу.

 

Афганазул рагъазда,

БахIарчиго рагъарал,

Васал гIезе гьарураб,

Росуги буго ЦIиликь.

 

Чачан ракьалдасахун,

Боевикал рачIиндал,

Чармил къвакIигун чIарал,

Васазул росу ЦIиликь.

 

Украина ракьалда,

ВатIан цIунун рухIги кьун,

Зонода цIар бикIарал,

БахIарзазул росу гьаб.

 

ВатIанги, динги цIунун,

Шагьидаллъун рахъарал,

Муфтигун васалазул,

Росуги буго ЦIиликь.

 

ТIарикъат щула ккурал,

Устарзаби рокьулел,

Росдаца вирд босараб,

Наслабазул росу гьаб.

 

Мажгитго рукълъун ккурав,

ГIелмудал ралъдалъ гама,

ХасмухIаммадхIажиги,

ЦIиликь росдал вас вуго.

 

Къуран рекIехъе цIалун,

ЦIар борхатал васазулъ,

Анлъго ХIафиз вахъараб,

Баракат тIокIаб ЦIиликь.

 

Кир ругониги ЦIилкьал,

Сахлъигун роххун тайги,

Чорхолъ иман щулияб,

ГIумру кьеги Аллагьас.

 

Хваразе Алжан кьеги,

ЧIагоял дингун таги,

ТIолго ЦIиликь росдада,

Аллагьасул цIоб лъейги.

 

 

Сулайман МухIамаднуров

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...