Аслияб гьумералде

ГIумрудул цоги сон ана

ГIумрудул цоги сон ана

Цо лъагIел тIасаги ун,

ТIаде цоги бачIуна.

Гьелда дандчIвай гьабизе,

КъачIадула гIадамал.

 

ГIемерал нигIматал лъун,

Остолал хIадурула.

ХIарам букIин лъаниги,

Лъола чагъир-гIаракъи.

 

ГIадамал цоцахъе ун,

Цадахъаб квана-гьекъей.

Корпоратив, вечерал,

Чахьал дандцураб кьурди.

 

Кьвагьулеб шампанскийги,

Шушбузул чвархъи-гIанхъи.

"ГIив"- илан ахIулаго,

АхIулеб кечI-бакъанги.

 

Къаси сордо борчIулел,

Гьединал камуларо.

Радакьиде кьижун ккун,

Какил гIуж гьоркьоб уна.

 

Гьединаб хIасилалде,

ХIарамалъ нилъ рачуна.

РакIал пашман гьарулеб,

Ахир гьелъул батула.

 

Халикъас исламалда,

Бихьизе жиб гьабичIеб,

Гьеб байрам кIодо гьаби, -

Иманалъул загIиплъи.

 

Зодобе гIарац кьвагьи,

ГIакълуялъул мукъсанлъи.

Буголъи исрап гьаби,

Буго гьебги ахIмакълъи.

Имамзабаз гьарулел,

Гьелда хурхун вагIзаби,

ГIадалъе росуларел,

ГIадамал гIинкъалдайха?

 

ГIалимзабаз мухIканго,

Мунагьазул бицунел,

НасихIатал нилъеда,

РагIулел щайзе гьечIел?

 

ЧIалгIаде заман тIами,

ТIагьаясул ццим бахъин.

Цинги БетIергьанасул,

БукIине бугеб хIисаб.

 

Суал кьураб сагIаталъ,

Кьезе жаваб батичIищ,

БукIина дуе хIинкъи,

ХIаким гурхIичIонани.

 

ХIалкIвараб жигар бахъе,

Бичас рази гьавизе.

Гьесул парзалги тIуран,

ТIад лъечIеб рехунги тун.

 

Расуласул суннат ккве,

Салават кIочон тоге.

Камиларо шапагIат,

ГIарасат майданалда.

 

Киналго бусурбаби,

КантIизаре, БетIергьан,

Квешалдаса рикIкIалъун,

ЛъикIлъиялде руссине.

 

 

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу, Шамил район

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...