Аслияб гьумералде

Бокьун буго ритIухълъи

Бокьун буго ритIухълъи
Дие бокьун буго гьаб ракьалда тIад
РитIухълъи букIине, бищунго цебе.
КIалалъ абулебги рекIелъ бугебги
КIиябгоги рекъон цадахъ хIалтIизе.
ХIалихьатал чагIаз бицунеб хабар
Бокьун гьечIо дие гIинда рагIизе.
ГIалимзаби какун гъибат гьабулел
Бокьун гьечIо дие берда рихьизе.
Бажари бугезулъ жахIда гьабулев
Жив цIакъав чийилан ракIалде кколев,
Чияр гIайибазул гIемер бицунев,
Бокьун гьечIо дие гьудуллъун кквезе.
Бокьарабги гьабун, гьерсалги рицун,
ГIайибго гьечIезда гIайибалги чIван,
ЧIанда хъурулезул мухъилъе ккезе,
Мунагьалъе ккезе бокьун гьечIо дий.
ЧIвадарухъабазул, чIухIухъабазул,
ЧIирилъ ватизеги бокьун гьечIо дий.
ЧIалгIаде замана гIадада биччан
ГIумру тIамизеги бокьун гьечIо дий. 
ТIагIат Аллагьасе бацIцIадго гьабун,
Тагьаясде свалат гIемераб битIун,
Устарасул тIадкъай тIубазе гьабун
БитIараб нух кквезе бокьун буго дий.
БергьенчагIазулгун бухьен гьабизе,
БитIараб бицани, бокьун гьечIо дий.
Кьураб рагIиялъе хилиплъулелгун
Харбида вукIине бокьун гьечIо дий. 
Дун лъикIав-тIокIавин кIалъалев гуро,
Лъай-гIакълу бугилан гаргалев гуро.
Гала-щокъал дирго рекIел пикраби
Щакъи-къаламалде чучулев вуго.

ГIУМАРАСХIАБ КЪЕБЕДОВ, ТIЕЛЕКЬ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...