Аслияб гьумералде

Урмаса МухIаммад ХIажиясде

Урмаса МухIаммад ХIажиясде

Урма росу чIухIарав, гIамал тIокIав мугIалим,

Росу бахилав дуе, кьеги Аллагьас сахлъи.

Жеги гIемерал саназ, ислам тIегьазабизе,

ТIолго гIалам урхъарав, ТIагьаяс салам кьолеб,

Къокъаялда хIакълъаги, Аллагьас кIодо гьавун.

Жаниб гIелму бикьулеб, къимат тIокIаб мадраса,

Дур нухмалъиялда гъоркь, нилъер росулъ рагьана.

Росдацаго как базе, хIалхьи босулеб къулгIа,

Берцинаб мажгиталъе, кьучI лъуравлъун мун ккана.

Дур жигара цIикIкIараб, хIалтIул хIасил бихьизе,

Урмае рачIун гурел, чиясда бичIиларо.

Цевехъанлъиги гьабун, Росу хIалае бахъун,

Бараб мажгиталдаса, бер лъилго гIорцIиларо.

ГIадлуялда куцараб, берцинаб хъизамалъе,

ТIадегIанав Аллагьас, кидаго талихI кьеги.

Исламалда тIегьалел, цIумал гIадал васазда,

Хирияв БетIергьанас, Жиндир цIоб лъеги.

ЦIоб гIатIидав Ханасул, къойилго рахIмат рещтIун,

ХIалхьи дур хьибилалда, къойил гьудуллъун чIайги.

Аллагь ккуразе щолеб, киналниги нигIматал,

Кидаго дур къавулъе гIорлъун чвахун рачIаги.

Баркала буго дуе, тIолабго росдал рахъалъан,

Аллагьги Аварагги дудаса разилъаги.

Жеги цIикIкIарал лъалкIал иналъул нухда тезе,

ХIакъав БетIергьанасул квербакъи дуе щваги.

Гьабулелъе квербакъи жидедасан бачIарал,

Росдал жамагIаталда Аллагьас баркат лъеги.

АлхIамдулиллагь Аллагь цIоб гIатIидав нижер Хан,

Ханлъуда вугев Дуца, махIрум гьарулел гьечIин.

УРМА РОСДАЛ РАХЪАЛЪАН

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...