Аслияб гьумералде

Лъихъего рачIунел гьалбал

Лъихъего рачIунел гьалбал

Дир нуцIида кIутIана,

Дица нуцIа рагьана,

Дун дур лъимерлъи бугин,

Гьобол жанив вачIана.

 

КъватIазда расандана,

ГIурдада гиргидана,

Мадрасгун школазда,

Лъай ботIролъе босана.

 

Цо къоялъ лъимерлъиялъ,

Унеб бугин абуна,

Къо-мех лъикI диргун гьабун,

НуцIа къан къватIиб ана.

 

Къваридго хутIарав дун,

Пикрабазулъе ккана,

ГIанчIаб дир лъимерлъигун,

Ана гурищ дов гьобол.

 

Гьединал пикрабазда,

Ургъелгун вугев дида,

Дир рагъиде вачIунев,

Чиясул сас рагIана.

 

ХIатIица нуцIа рагьун,

Къуватал галаби лъун,

ГIолохъанлъиги баркун,

Къвал бана нартас дида.

 

ГодекIанир хьвадана,

ГIолохъабалъ кIусана,

Хур бекьун, хер бецана,

МагIарда гIи хьихьана.

 

Шагьаразде къокъана,

Институтал цIалана,

Берцинай ясалдехун,

Рокьи рекIелъ бачIана.

 

Росулъе тIадвуссана,

БахIарайги ячана,

Лъималазул рукъги цIун,

ГIанчIаб гIумру лъугьана.

 

Лъимал кIудиял гIуна,

Гьелги рукъде руссана,

Дунги дирго кIодогун,

Къварид рокъор хутIана.

 

Араб доб гIумруялъул,

ХIисабалда вукIаго,

Цо нуцIида кIутIулеб,

СогIаб гьаракь рагIана.

 

ГIемерго бокьичIого,

Дица нуцIа къирана,

Рокьукъаб сипаталъул,

Инсанасда берчIвана.

 

ТIубанго хъахIаб бетIер,

Рачлихъе щвараб мегеж,

БукIкI-букIкIараб гьумергун,

Гьобол жанив лъугьана.

 

Ассаламу гIалайкум,

Дунял чекарав инсан,

Дун дуе херлъи босун,

ВачIун вугин абуна.

 

Дида хьолбохъ гIодовчIун,

Херас дида абуна,

Дуца къватIив гъуниги,

Унев гьобол жив гурин.

 

Дуе лъимерлъи кьурав,

ГIолохъанлъи духъ тарав,

Гьанже херлъиги босун,

БетIергьанас витIанин.

 

Дирго херлъиялдехун,

Къваридго кIалъана дун,

Бокьун гьечIеб херлъиги,

КъватIиб унареб мунги.

 

Дагьавго ургъун дица,

Гьоболасда гьарана,

Мун къватIив унгейилан,

Херлъи дица хIехьелин.

 

Херлъул гьобол анани,

Хвалил гьобол вачIуна,

Херлъиялда къвал бала,

Къоял дир лъугIизегIан.

 

Церекъад лъимерлъигун,

Сон гIолохъанаб гIумру,

Жакъа рещтIараб херлъи,

Хадувго хвалил чапар.

 

Дагьабго заманалъе,

Нилъей кьураб гьаб гIумру.

ГIадада биччаларин,

Аллагьасде руссинин.

 

Дунялалъул гьаб канлъи,

Кида-къадги ссун уна,

Ахират лъикIабги кьун,

Роххизаре БетIергьан.

 

Сулайман МухIамаднуров,

ЦIиликь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...