Аслияб гьумералде

Нужеда рагIуларищ гьаб ГохIалъул ахIи-хIур

Нужеда рагIуларищ гьаб ГохIалъул ахIи-хIур
Бице нижей, АхIулгохI, дур ккараб къисаялъул,
КъуркьичIого къеркьарал васазул къисматалъул.
Бице нижей, АхIулгохI, цIагIадал бахIарзазул,
ЦIумаллъун роржанхъарал лебалал наибазул.
Бице нижей, АхIулгохI, бихьинал, руччабазул,
ТIад тIагъур лъун рагъарал гIещдерил мусудузул.
Тушманасул чорокаб квер жидеда хъвалалде,
Кьурса гъоркье кIанцIарал яхI бугел ясалазул.
Гьеб цIакъго къварилъана, угьун хIухьел биччана,
Аман, жакъаанищ дол, лебалал наибзаби.
Гьеб гIемераб мерхьана, къоял чанги рихьана,
Тушманасул квердаса Шамилица цIунана.
Нужеда рагIуларищ гьаб ГохIалъул ахIи-хIур,
Добаса тункIил кьвагьи, гьаниб чуязул тIваркъи,
Гъоба хъвалчадул чапи, чвахулеб биялъул сас,
Аллагьу Акбарилан цадахъ бачунеб такбир
Гъоркьлъалие васги кьун рагъ лъугIилин гьабураб,
КъотIи хведал Шамилил бадиса цIа пирхана.
ГIи гъуризе бачIараб гъалбацI кинниги Имам,
Тушбабазул боялъул бакьулъе кIанцIун ана.
Бихьуларищ имамас хьвагIулеб чармил хвалчен,
Чара хварал хъачагъал хъачадулел ругеб куц.
Бадиса цIа беролел Шамилил муридзабаз,
Исламалъул бацIцIадаб цIар цIунулеб бугеб куц.
Балагье дол руччабаз хеч тункулеб бугеб куц,
Берал къанщун къотIулел тушбабазул бутIрузухъ.
Дол цо лъимал рихьулищ улбузде тIаде къулун,
Берал рагье, бабайин, ахIи бан инагьдулел.
Дир ракI гIодулеб буго гIоралъ аразда хадуб,
Дир ракI угьдулеб буго бесдал таразда гурхIун.
Дир гьал беразда цере чан бахIарзал къанщарал,
РукъичIого ракъдада ракъван чамал тIагIарал.
Амма дун цIакъ бохула, къварилъи кIочон тола,
Имамас хIетI тIад чIечIеб тIанкI гьечIо дир мугъалда.
Гьезул биги дида тIад, гьезул гIетIги дида тIад,
ГIасрабаз лъугIулареб гьезул цIарги дида тIад.
Ниж цIакъ гIажаиблъана, гIодун гьаракь биччана,
Берда бихьарабгIадаб асар рекIей лъугьана.
Нижер ракI бахиллъана гьенир хваразда хадуб,
Квешго ракI къварилъана гьеб къокъадулъ гьечIелъул.

РАИСАТ БАТАГIАЛИЕВА, ГЪУНИБ РАЙОН, КIУЯДА РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...