Аслияб гьумералде

КантIе, вацал

КантIе, вацал

КантIе, вацал

 

Ассаламу гIалайкум, хириял бусурбаби,

Аллагьасул рахIмат-цIоб даим тIаде чвахаял.

ХIакъаб исламалъул нух нужее насиблъаял,

Ливаул хIамдалда гъоркь ХIабибгун рахIатлъаял.

ХIужатул исламина имамун Гъазалияс,

Гьев гурелги гIемерал чIахIиял имамзабаз

ГIелму тIалаб гьабулел тIалибиназул къокъа,

Лъабго фиркъа бугилан якъинго бицун буго.

ТIоцебесеб фиркъаги гIелму тIалаб гьабулел,

Ислам чIунтизабизе, зулму гIемерлъиялъе,

Балагьал тIаде цIазе гIелму тIалаб гьабурал,

ГIуламау ссуиян сифат жидей гьабурал.

Аллагьас нилъ цIунаги гьезул балагьаздаса,

Къудратав БетIергьанас гьелги кантIизареги.

КIиабилеб къокъаги, Аллагь гурхIун кантIаял,

Халкъалда гьоркьоб тIокIлъи тIалаб гьабун хьвадулел,

Бечедасе хIелулел, хIакимасе къулулел,

Язихъав мискин-пакъир берзукьго вихьуларел,

Гьурмахъ балан къотIулел нужер чарал хIукмабаз,

Чан иман загIипасул игIтикъад щущан араб.

Васвас къотIизабичIел нужер чIухIал жавабаз,

Вагьабияз хIеренго гудракье чан рачарал.

Бицунелда рекъечIеб нужер пиша-гIамалалъ,

Жагьилзабазул къокъа мекъаб нухде чан ккараб.

ГIелмугIан жиб хирияб махлукъ бижун гьечIелъул,

Халкъалъе пайдаялъе хIалтIизабе гIелму-лъай.

Сагаялде гъуниги заз гурони кунареб,

ХIамида релълъун инсан вукIине рекъон бугищ!

Муфтият какиялъе бугьтанал ургъичIого,

Уммат цолъизабизе хIалкIвараб жигар бахъе.

Аллагьас кьураб гIелму балагьлъун сверилалде,

Тавбуги гьабун русса рижарав Халикъасде.

Лъабабилеб къокъаги, гIелму тIалаб гьабулел,

Аллагь разилъи гуреб мурадгун макъсуд гьечIел,

ГIелмуялда рекъараб гIамал-тIабигIат бугел,

Исламалъул рацIцIалъи цIуниялда даимал.

Аллагьасул фурузал, ХIабибасул суннатал,

ТIагьаясул хIакъаб нух нилъелъ камил гьабулел.

Иман, Исламгун ИхIсан нилъей баян гьабулел,

ЦIаларабщинб гIелму цIалкIизе гьунар бугел.

Лъабабилеб къокъалъун рукIине жигар бахъе,

Аллагь гурхIун рохаял тIолго мутагIилзаби,

Хьул буго, хирал вацал, РахIманасул цIобалде,

Нужедалъун цолъилин бикь-бикьараб гьаб уммат.

ГIалимасул хьибил ккве, чи ватIа гьавуларев,

ХIакъаб рагIи абизе кивго нахъе къаларев,

Магжилъ гуребин иман, рекIелъ жаниб букIунеб,

Бицунебгун гьабулеб данде ккве гIакълуялда.

Нилъер тIолго мунагьал, хатIаби, гIасилъаби,

Иман загIипаб къавмалъ муфтиясде рехула.

Нилъ сабаблъун муфтият какулел гIамалал тун,

ГIавамазе мисаллъун хьваде, диналъул вацал!

Иблисалъги нафсалъги цIадар гъезе чIечIого,

ЦIуне, хириял вацал, исламалъул рацIалъи.

ЦохIо муфтияталда хасаб амру гурелъул,

Ислам цебетIеялъе квербакъе, бусурбаби!

Квалквал гьабунгутIиги кумек кколин абураб,

СайидмухIаммад-хIажил рагIуе жаваб гьабе!

ГурхIа, Аллагь нижеда, чуре, Аллагь, мунагьал,

Гъафурун РахIимлъидал, рахIматал тIаде риччай,

Нижер устарзабазул даражаби тIокI гьаре,

ХIуснул хатиматги кьун хвалда ритIун ккезаре!

 

МухIаммаднаби ГIабдулаев, ТIелекь росу

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...