Аслияб гьумералде

Иман, ислам, сабру, напс

Иман, ислам, сабру, напс

Ислам

Ислам щибан абуни,
Гьеб буго Бичасул дин.
БетӀергьан Аллагьасе
Инсан тӀуван мутӀигӀлъи.
ТӀадегӀанав Аллагьас
Жиндие кьураб гӀумру,
ГӀадамас гьаб ракьалда
Гьабиялъул къагӀида.

Иман

Иман - гьеб ракӀчӀун божи
БетӀергьан Аллагьасда.
Ишалги рагӀабиги
РатӀалъичӀел цадахъаб.
РекӀелъ гьеб букӀин гӀадаб
Берцинлъиги лъаларо.
Борцуна гьелъ чиясул
Чорхол яхӀги намусги.

Напс

Напс ккола гӀадамасул
ГӀишкъу, шавкъги гъираги.
ЩайтӀан-илбисгун рекъон
Къойил рухӀгун къеркьолеб.
Гьелде рагъ гьаби гӀадаб
РитӀухъаб ишги гьечӀо.
РакӀал сах гьариялъе
Сабаблъун жиб батулеб.

Сабру

Сабру щибин абуни, -
Гьеб буго рекӀел къуват,
РухӀалде бачӀараб хӀал
ХӀехьезе кумек кьолеб.
Аллагьас жиб нилъее
Алжанул кӀуллъун кьураб.
КӀиябго рокъоб талихӀ
Таризе биччалареб.
Тавбу ккола хвасарлъи,
Халикъас кьураб рахӀмат.
РакӀбухӀи мунагьалда,
РекӀекълъиги гьелдаса.
Ккарал мунагьаздаса
ВацӀцӀалъи тӀалаб гьабун,
ТӀадегӀанасда гьари -
Гьеле тавбу-ан-насухӀ.
Гьабураб мунагьалде
ТӀадвуссинчӀев лагъасе,
ТӀадегӀанав Аллагьас
Ажру цӀикӀкӀараб кьолеб.

САГӀИД ОРДАШОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...