Аслияб гьумералде

Баракатаб «Ас-салам»

Баракатаб «Ас-салам»

ЦIикIкIун сонал рарабгIан

ГIолохъанлъун бачIунеб,

РачIа, хъвалинха, вацал,

Нилъецаги «Ас-салам».

 

ЦIар борхатал васаца

КьучI лъураб гьаб казият,

Кавказ тун къватIибеги

Къадруяблъун лъугьана.

 

СайидмухIаммад-хIажи, -

Алжаналда хIал батад,

ЧIаго вукIаравани

Рохелалъ керен цIезе.

 

АхIмад-хIажи-афанди, -

Нижер рухIазул эмен,

Дур баракатаб нуралъ,

Гвангъун буго «Ас-салам».

 

«Ас-салам» хъванщинасул

Рокъоб баркат рещтIуна,

«Ас-салам» цIаларазул

Иманалъ ракIал цIола.

 

Цо хъвараб «Ас-саламалъ»

ГIорцIи букIунаро дир,

Садакъаялъе кьезе

Цоги хъвазе гьесула.

 

Нилъеего хирияб,

Жиндир къимат кIудияб,

Хъвалинха вацал-яцал,

Баракатаб «Ас-салам».

 

Сулайман МухIамаднуров

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...