Аслияб гьумералде

БачIун щвараб заман

БачIун щвараб заман

БачIун щвараб заман

БачIинилан бицараб

БачIинаро хIинкъараб,

БачIун щвана мун тIаде

Огь, чорокаб нахъзаман.

 

Кето-гIункIкIалда гьоркьоб

Гьудулъи щулалъараб,

Эбел-лъималазда гъорлъ

Тушманлъи гIемерлъараб.

 

Мадугьаллъи, гIагарлъи

Жидеда кIочон тараб,

Гъурщил гурони къимат, -

Цоцазул гьабулареб.

 

Руччаби-ясаздаса

Ничалъул пардав араб,

Эбел-инсуда данде

Лъималаз квер борхараб.

 

Рос-лъадуда гьоркьобцин

Нич букIунаан цебе,

Гьанже гIолеб гIелалда

Бугищ гьеб нечолеб бакI?

 

Бащдаб къаркъала бихьун

РетIа-къарал ясалги,

Щортикалги тIад ретIун

КъватIахъ гIолохъабиги.

 

Эбел-эменги гьечIо

Лъималазде регIулел,

Бокьухъе гIун рачIаян

Тун руго гьанже лъимал.

 

ЛъикIаб-квешабги малъун,

Мунагь-хIакъги лъазабун,

Аллагь разилъуледухъ

Бугищха гIадлу кьолеб?

 

Кколел аварияби,

Гъурулел гIолохъаби,

Рукъулел жаназаби, -

Ругищха нилъ кантIулел?

 

Бадиб килищги тункун

Мунилан абизегIан,

Церехун ругел рихьун

КантIулел чиго гьечIо.

 

Росасул адаб бугел

Руччаби дагьлъун руго,

Эбел-эмен разиял

Лъимал къанагIат руго.

 

ГIакълугин иман кьеги

ГIун бачIунеб гIелалъе,

Аллагь разияб хIалалъ

Исламалъул нух кквезе.

 

КантIизе гIакълу кьеги,

Гьезул эбел-инсуе,

Дунял-ахираталъул

Жавабчилъи тIад бугел.

 

Ханзадай Сулейманова,

Шамил район, ХIебда росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...