Аслияб гьумералде

Гуниялъул бахIарзал

Гуниялъул бахIарзал

Гуниялъул бахIарзал

Бахlарчиясде

 

Кавказалъул мугlрул, тlогьал гвангъарал

Баккана цоги цlва, канлъи цlикlкlараб,

Цlа гlадинаб рагъда гьунар гьабурав

Вахъана бахlарчи Гуни росулъа.

 

Мугlрузул намус-яхl борхатго ккурал,

Рукlарал кидаго Салатавиял.

Чорхол рухlги бичун Ватlан цlунулел,

Лебалал цlумазул хирияб тlалъи.

 

Рагъул кlкlуй бетараб доб авлахъалда,

Рухlги кьун гьалмагълъи хвасар гьабурав,

Гьалдолеб цlадулъе бер къапичlого

Къадаралде данде хlетlе бегьарав.

 

Рагъул гlелмабазул гъварилъи щварав,

Гlажликьа ворчlулев батичlищ сабаб?

Хъван хадуб букlунеб къисматалъул нух

Таризе толареб, огь, доб къадаралъ.

 

Биччанте цlализе цlалдохъабаца

Дурги гьунар бицун тlад хъварал тlанчал.

Цинги букlине те абадиялъго

Мисаллъун хутlизе меседил мухъалъ.

 

Рагъул багьадурин кlодоги гьавун

Рана дур каранда орден, медалал.

Ватlан цlунарасул сси борхатилан

Борхатаб цlар кьуна дуе улкаялъ.

 

Орденаз чучулищ чара хвараб ракl?

Рекlелъ ругъун лъурай, огь, эбелалъул.

Эбел разияв вас, мун инсул чlухlи,

Чlухlдае рехсела росдаца дур цlар.

 

Моцlрол свери гlадаб берцинаб гьумер,

Гьимулеб букlина кидаго цебе.

Ракl чучун гlодизе росдал хабалалъ

Хобниги бугелъул сабруги гьабе.

 

Инсул тlалъиялде тlадвуссун щведал,

Щукруйилан щуре, вижарав эмен.

Магlица биччараб, бица белъараб

Тарих нахъа тараб нилъер умумуз.

 

Меседил хlарпаца гlарцул тlанчазда

Хутlила дурги цlар Хlасанов абун.

 

 

Парихан Мажидова

 

 

 

 

ТIагьавил МухIаммад, гьитIинаб лачен

 

Эбелалъул гьари, мунго цIунеян,

Каранда хьваниги, тохлъунищ, ккарав?

Щуго сонил цIали рекIехъ лъаниги

ХIалихьатаб рагъуй, хIадурлъи гIечIищ?

 

Дуцаяли гьеб рагъ, кинго къун течIеб,

Мунго гIадал васал гьенир рукIаго,

Дур цIаралъул гьунар, кинго ссун ккечIеб,

ЦIвадул кунчIигIадин, гвангъун гурони.

 

Чан анищ букIараб, гьитIинаб лачен,

ТIегьалеб гIумрудул, цебе бекьараб.

Щиб хьулдай букIараб бертин гьабизе,

Дадагун бабада къвалалги жемун.

 

Диргун гIолилазул, дур кьерилазул

КьогIаб хъарахъ бугин рекIедаги къан,

Мун гьаюрай эбел, гьединго эмен,

Ургьиб цIаги бакун режун ратила.

 

ЖужахIалъул цIа дуй хIарамлъагиха,

Эбелалъул адаб рехичIев чергес.

Алжанул каваби дуе рагьаги,

Инсул тIагъуралъул къимат ккурав вас.

 

МухIаммадрасул АхIматIов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...