Аслияб гьумералде

Бице Устарасда, АхIмад-хIажида

Бице Устарасда, АхIмад-хIажида
Бице, КIудиясда-АхIмад-хIажида,
Дир урхъараб салам,ГIисал рахъалъан.
ГIемер гьев хирияв,гьесул ракьцояс,
Кьолеб адаб бугин,адаб таниги.
Бице, гьесул ракьда ритIухълъиялъул,
Бакъул чIорал гьанже речIчIанин абун.
ТIад вугев Бичасул кумекги бачIун,
Канлъи бугин щолеб рогьалилъ гIадин.
Бице,БетIергьанас гьев сабаблъун ккун,
Ислам-дин тIегьанин Дагъистаналда.
ЦIодораб, хIеренаб гьесул каламалъ,
Киназулго ракIал тIаде цIцIан анин.
Гьесул муридазул зикру-свалаталъ,
Унтараб Дагъистан сахлъулеб бугин,
Сас гьечIого унеб гама гIадинан,
Унеб бугин цебе диналъул гама.
Бице, рузман къоялъ Дагъистаналда,
Мажгитал цIун ругин Дагъистаналда.
Къудраталъул кумек щвечIеб анани,
Гьаб рахIмат нилъее бачIинароан.
Абе, гьес баркатаб   нухмалъи гьабун,
Баркат щун Дагъистан тIегьалеб бугин,
ТIолго Россиялда ислам-диналъул,
Гьесул муридзабаз нур балеб бугин.
Абе, рецги гьабун кIалъалев гурин,
КIудияб балъголъи рагьулев гурин.
Дирго ракI чучулев чи гьев вукIиналъ,
Чучулел рукIанин рекIел пикраби.
Абе, КIудиясда тIаса лъугьаян,
ГIузраби гIемерав мурид ГIисада.
Гьесде дирго бугеб рокьи бикьулев,
Муридасул ккарал гъалатIаздаса.
Абе, гьесда дугIа камун тогеян,
Киналго муридалъ жагьилав дийги.
Жив хиралъун хъвараб дир назмуялда,
ТIаса лъугьа абе, АхIмад-хIажида.
Бице дир урхъараб салам нахъеги,
Гьесул ракьцоясул ГIисал рахъалъан.
ГIибадат камилав,гIамал гьайбатав,
Гьудуллъи хирияв дир Устарасда.

ГIиса Шарапудинов, Гумбет район, Игьали росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....