Аслияб гьумералде

Киналго ине руго

Киналго ине руго

Киналго ине руго
ДугIа къабуллъулеб хирияб рузман,
Къабул гьабе Аллагь гьаб дирги дугIа.
Гьараралъе жаваб гьабулев МагIбуд,
Дуда кIочаравлъун гьавуге, Аллагь.
Сахлъи хIажатазе, сахлъи кье, Аллагь,
Лъимал унтаразда Мун гурхIа, РахIим.
Диргун динцоязул рукъалъул агьлу,
Дуй рокьараздаса гьаре, БетIергьан.
ГIумруялъго гьанив толев чи гIадин
БоцIи данде гьаби битIараб жойищ?
Хвезе вукIин дуда ракIалдеги щун
Щай гIедегIуларев Аллагь рехсезе?
Исламалда жаниб какараб гьабун,
КидаллъагIан, гьудул, хьвадилев гьанив?
Аллагьасде вуссун тавбуги гьабун
Тани лъикI гуребищ чорокаб гIамал?
Аллагьги кIочон тун гьабураб гIумру,
Данде бакIарараб хIарамаб боцIи.
Хирияб магIишат, кIудияб мина,
Жанив чIезе гьечIеб цогIаги лъимер.
Хвезе вукIин лъалеб къойилги букIун,
Дуниял бокьиги рекъараб гьечIо.
Рикъзи нилъей кьолев Аллагьги вукIун
Ургъел ккезегIан жо бугищ гьаб дунял?
Бечедавин абун чи толевани
Ракьул чохьониве чи инароан.
Алжан букIунеблъи лъаларебани,
Иман, ислам цIунун хьвадилароан.
Дунял паналъизе букIинчIебани,
РекIей бокьанщинаб гьабун телаан.
ЖужахI букIиналда ракI чIечIебани,
Напсалда квелъ базе лъугьинароан.
ГIемераб магIишат щай бакIарулеб,
Цадахъ босулареблъи лъалебги букIун.
КIудиял хъулбиги лъие хIажатал,
ГьитIинаб лахIдуги гIолеб букIаго.
Жаниса, къватIиса минаги къачIан,
КъваригIел гьечIелда холеб буголъи.
Кинабго рехун тун, Аллагьги рехсон,
РакIал къачIазего рекъараб гьечIищ?
Гьариги буго дир, БетIергьанасда,
ВитIун ккараздаса дун гьавейилан.
ГIумруялда жаниб дие хIажатаб,
ГIакълу камун тоге, хирияв Аллагь.
Дир лъачIого ккарал мунагьаздаса,
ТIаса лъугьайилан гьарула дица.
Дуца вижарав лагъ дунги вугелъул,
Къиямасеб къоялъ гурхIа, Мун дида.
Чорхолъ иман бугес, гIакълу камилас
Напсилан абуге, умматин абе.
Аллагьасул амру тIубан хьвадулес
Инсан ватIа вахъи кибго гьабуге.
Щивасул рокъобе бачIунеб мали, 
Хвезе вукIин, воре, кIочене тоге.
ЛъикIаб гьабуниги, квеш хьваданиги
Киназего цого цIалулеб тIалкъин.

Низамудин Гъазиев, ЦIолода росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...