Аслияб гьумералде

Рос-лъади цоцазда хурхараб рахас

Рос-лъади цоцазда хурхараб рахас

Ахирал соназда рос-лъади ратIа-лъиялъул вакъигIатал цIакъго гIемерлъулел руго. Хъизам биххиялъе бищунго гIемер рехсолеб гIиллалъунги ккола цоцазде бугеб рокьа-хинлъи дагьлъи, рос-лъадул гIумрудулаб гIамал-хасият чучлъи, лъикIаб-квешалъул тIалабго гьабунгутIи, къо хIехьезе бажарунгутIи, цогидазул бихьараб букIине бокьиялъ жиндиралъулго къимат хвей, батIиял чагIи цоцазе мисалалъе рачи.

 

Рос-лъадул баракатаб гIумру лъугьуна, боцIи-малалдаса цебе, диналъ рихьизарурал гIурхъаби цIуниялде цIикIкIун кIвар кьолеб бугони. Гьедин гьечIони, хIасил батIияб ккола.

 

Дин ва хъизам

Исламияб диналъ кIудияб кIвар кьола хъизамалде. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хасаб нигIматлъун кьун буго бихьинчиясегун чIужугIаданалъе ригьин гьаби. Хъизамалда бихьинчиясда бичIчIула, рос ва эмен хIисабалда, жиндирго гьениб бугеб гIахьаллъи, чIужугIаданалда, лъади ва эбел хIисабалда. Цоцазул ихтиярал цIунун, щивас адаб-хIурматалда цоцаздехун бербалагьи гьабулеб бугони, хъизам лъугьуна нигIматазул ахлъун.

Бихьиназулги руччабазулги ригьнаде букIуна батIи-батIияб бербалагьи. ЧIужугIаданалъ рос къабул гьавула дандекколеб гIамалалъул чилъун, божилъи гьабизе бегьулев ва ракIбацIцIадав гьудул хIисабалда. Бихьинчияс абуни, гIемерисеб мехалда, лъади цеечIезаюла хIеренай, рукъалъулгун лъималазул жавабияй хIисабалда. Хирияв Аварагас ﷺ абун буго, росасе чIужуялъул цо кинаб бугониги гIамал бокьулеб гьечIони, гьесие цогидаб гIамал бокьилин абун. Гьелъ, рос-лъадул цоцазул гIайибал ралагьи гуреб, цоцазулъ ругел цогидал лъикIал хаслъаби кIодо гьаризе ккола хъизам цIуниялъул мурадалда.

Сабру цебе ккезабе. Свакан рокъове щварав росасе бокьула парахалъи, рукъалъул ишазде машгъуллъун йикIарай лъадулги кидаго гуро букIунеб рокьи кьезе къуват. Инсанасул тIабигIат буго, гIемерисеб мехалда, жиндиего санагIалъабазе ургъулеб. Амма щай сабру гьабизе бегьулареб, хасго гIиси-бикъинал суалал гIочIода чIвачIого? ЧIужугIаданалъул заман гIун батичIони росасул ретIел-хьит хIадуризе, бегьула гурищ гьеб росас жинцаго гьабизе. Гьединго, рокъове вачIунелъул росасда кIочон батани квен-тIехалъе хIажатаб тукадаса босизе, гьелъги бегьула рокъоб бугелъул квен хIадур гьабизе. Гьединал гIиси-бикъинал жал берцинго нухда рачине лъалеб гьечIони, рокъоб лъугьуна гьогьен ва хIалуцараб хIал.

Къун, бергьа. МухIаммад авараг ﷺ вуго нилъее киназего гвангъараб мисаллъун. Жиндирго ﷺ лъудбузда гьоркьоб гIиси-бикъинаб бичIчIунгутIи ккедал, Аварагас ﷺ лъазабулароан щал битIарал, щал мекъал ругелали, гьабулаан сабру, гьарулаан малъа-хъваял ва тIаса лъугьунеллъун рукIине кколин абурал насихIатал. Лъадуеги лъикIаб буго ццим бахъарав росгун дагIбадизе лъугьинчIого, гьесул хехдари чучлъизабулел хIеренаб калам гьабизе. Жегиги лъикIаб букIуна, дагIба-рагIи ккедал, гьеб махсараялде сверизабизе яги гьоркьоб къотIизабизе, цинги парахатго кIалъазе.

Цадахъ тIаме заман. Гьаб заманалда гIадамазул гIемерисеб мех уна телефоназде яги цогидалде руссун. Гаджетаз, социалиял гьиназ рокъоб лъугьунеб ахIвал-хIалалъул гIемерисеб нахъе бахъула, заман хутIуларо рокъосел ишазде. Гьелъ, хIаракат бахъе, эркенаб заман хъизан-лъималгун цадахъ тIамизе, рокъор ругеб мехалда, хIажат ккун гурони руссунге телефоназде. Рахъа тира-чверизе, тIабигIаталде, сапараз. Гьединал ишаз гьоркьоблъи берцин гьабула.

Дин лъазабе. ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ бугеб рокьиялъ рекIел асарал щулалъаразул ригьнал гIемерго щулиял рукIуна. Иманалъ кумек гьабула Аллагь ﷻ разилъиялъе ва хъизамалда лъикIаб хIал букIине. Цадахъ какал раялъ, Къуръан цIалиялъ, цоцазе дугIа гьабиялъ, цадахъ мажгиталде хьвадиялъ гьоркьоблъи жеги щула гьабула. Росас лъадиги, лъадуца лъималги рорчIизарулел ругони рогьалил как базе, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ баракаталдалъун гьединаб гIамалалъ тIубараб къо гвангъизабула.

Бокьараб хъизамалда рукIуна захIмалъаби ва зама-заманалда - дандеккунгутIаби. Амма ригьин талихIаблъун лъугьуна церечIарал масъалаби рос-лъадуца цадахъ рекъон тIуразарулел ругебгIан мехалъ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ракIал рокьиялдалъун цолъизарула, рукъалъе парахалъигун баркатги кьола. Аллагьас ﷻ щивасул хъизам гьабеги талихIаблъун! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...