Аслияб гьумералде

Жибго гьитIин, гьунар кIодо

Жибго гьитIин, гьунар кIодо

Исламалъ гIадамал ахIула жидерго черхалъул лъикIаб тIалаб-агъаз гьабизе, гьеб черх Аллагьас ﷻ божилъи гьабураб аманат бугелъул. Сахлъиялъул ургъел гьаби, гьоркьохъеб хIалалъ квен кванай, хIалалаб къагIидаялъ сахлъи гьаби ккола Аллагьас ﷻ кьурал нигIматазухъ щукру гьабиялъул цо бутIа.

 

Дару-сабаб ва махщелчагIазул кумек тIалаб гьабиялда цадахъго бусурбабазул ихтияр букIуна тIабигIиял нигIматалги хIалтIизаризе, гьел зарал гьечIел яги гьукъарал гьечIони.

Гвоздика гьечIеб рукъ къанагIатго гурони батиларо. Гьеб хIалтIизабула кванилъ, гьекъолел тIагIамазулъ, амма киназдаго лъалеб батуларо сахлъиялъе гьелъул бугеб къуватаб пайда. Гвоздикаялъулъ руго А, В (В1, В2, В3, В4, В6, В9), С, Е, РР ва К витаминал, гIемерал микроэлементал - медь, селен, цинк, магний, фосфор, железо ва марганец. Гьелда тIадеги, гвоздика бечедаб буго Омега-3 ва Омега-6 гIадал жалаздалъун.

Гвоздикаялъулъ ругел кислотабаз лъикIаб асар гьабула ракIалъул ва лугбузул гIуцIиялъе, кумек гьабула би холестериналдаса бацIцIад гьабизе, квербакъула бакьазул, гьуърузул нухазул ва тIомол сахлъиялъе. НекIсиял Египеталъул ханзабазул заманалдаса нахъе херлъиялде данде къеркьолез гвоздикаги хIалтIизабулаан. Аскорбиналъул кислотаялъ иммунияб система щула гьабула, сосудазул къадазул къуват лъикIлъизабула, къуватаб антиоксидант хIисабалда хIалтIи гьабула, эркенал радикалазул заралияб асар дагь гьабула. Клетчаткаялъ лъикIлъизабула кванирукъалъул хIалтIи, чехьалъул гьорой ине гьабула.

Бакъвараб гвоздикаялъ кIалдиб бактериял дагьлъизарула, кIалдиса квешаб махI тIагIинабула, дабал щула гьарула, гингивиталъул ва пародонтиталъул гIаламатал дагь гьарула. Эвгенолалъ лъикIлъизабула тIулалъул хIалтIи, хехлъизабула токсинал ва рищни-къул къватIибе бахъи, би лъама гьабула.

Гвоздикаялъул нахулъ руго бактериязде данде къеркьолел хасал жал. Масала, кишечнияб палочкаялде ва стафилококкалде данде, квалквал гьабула туберкулезалъул бактериял гIемерлъиялъеги. Гвоздика чIамиялъ кумек гьабула квачалде ва гриппалде дандечIезе, бидулъ чакаралъул даража гIадатияб къагIидялъ чIезабизе, паразитазде данде къеркьезе. «В» группаялъул витаминазул кумекалдалъун гвоздикаялъ нервабазул системаялъе пайдаяб асар гьабула, рахIатхвей дагь гьабула, рекIел хIал лъикIлъизабула, гIадатияб макьуялъе кумек гьабизе бегьула. Кофеин гьечIеб гьекъолеб жоялъулъе цо гвоздика рехани, гьелъ кьола рухI кьолеб асар.

Гвоздика къуватаб жо ккола, гьединлъидал хIалтIизабизе ккола цIодорго. Цо нухалда кIигоялдаса цIикIкIун гъуд кванани, ракI унтизе, бетIер сверизе бегьула; гастрит, язва, аллергия бугел гIадамаз гьеб цIодорго хIалтIизабизе ккола.

 

Камил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...