Аслияб гьумералде

Тебетараб хоно

Тебетараб хоно

Инсанасул гӀумруялъе хӀажа-табщинаб бижарав, нилъеда рикӀкӀун хIалкIоларел гӀемерал нигӀматал нилъее кьурав, гӀаламалъулго БетӀергьан Аллагьасе буго рецц. Гьединал нигIматазул цояб ккола гӀанкӀодул хоно - гӀадатияб ва хӀалтӀизабизе рес бугеб, сахлъиялъе гӀемераб пайда кьолеб тIагIам.

 

ГӀанкӀодул хоно рикӀкӀуна бищунго пайда бугел кванил нигӀматазул цояблъун. Гьелда гъорлъ буго бигьаго хӀалуцинабулеб ва чорбазул сахлъиялъе ва щулалъиялъе кьучӀлъун кколеб тӀадегӀанаб даражаялъул белок. Гьелда тӀадеги, хоно бечедаб буго А, D, Е ва В витаминаз, кӀвар бугел минералаз, масала, железолъул, кальциялъул ва фосфоралъул. Гьел гIуцIалабаз хоно чӀахӀиязеги лъималазеги пайдаяблъун гьабула.

Хоно гьоркьоса къотӀичӀого кванаялъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, гIадал нахул хӀалтӀи лъикӀлъизабизе, берзул канлъи щулалъизабизе. Гьелъ кумек гьабула чорх сакван хадуб хехго рукIалиде бачIинабизе. Гьединго хоноялъ квербакъула рукьбузул ва цаби-гӀусазул сахлъиялъе, гьелъулъ бугеб хӀажатаб микроэлементазул кумекалдалъун.

Исламалда инсанасе пайда кьолеб зарал гьечIеб жо хIалтIизабизе бегьула, хIарам гьабураблъун гьечӀони.

ГIажаибаб жо, хоно ккола тӀубанго инсанасул чорхое рекъон кколеб кванил нигӀматазул цояб. Гьелъул белок рикӀкӀуна кутакаблъун, щайгурелъул гьелда жанир руго клеткаби гӀуцӀиялъе ва черхалъул лугбал къачӀазе хӀажатал киналго аминокислотаби. Гьединлъидал гӀемерисеб мехалда хоно кваназе лъикIаблъун бихъизабула бакIаб хIалтIи гьабулел яги спорталда машгъуллъарал гӀадамазе.

Хасго къиматаблъун ккола багIархоно, гьелъулъ руго нервабазул системаялъеги гIада нахалъеги пайдаял жал. Гьелъ лъикӀлъизабула ракӀалда жо чӀей. КӀудияб кӀвар кьола бакьазул хӀалтӀи лъикIлъиялъе.

Кваназе хIадур гьабулелъул кинаб къагIидалда хоно белъине лъикIаб бугеб абураб суал бачIуна, багIархоно тебетунищ ялъуни къвакIунищ? Тебетун лъугьараб хIалалда белъин цIикIкIун пайдаяблъун рикIкIуна, щайгурелъул гьеб къагӀидаялъ белъиналъ цӀикӀкӀун витаминал жанир цӀунула, жибго багIархоноги гьеб хIалалъулъ чорхолъ бигьаго бихIине бигьалъула. Амма кӀвар бугеб жо ккола ханал заман бахъарал рукIунгутIи.

Гьединго багIархоно къвакIун белъарабги пайдаяблъун рикIкIуна. Гьеб санагӀатаблъун рикӀуна сапаралъ инаго цадахъ босизе ва цIунизе бигьаяблъун букIуна.

Хоноялъ гӀемер заманаялъ гӀорцӀиялъул асар кьола, гьелъ гӀадамазе кумек гьабула цӀикӀкӀун кванаялдаса нахъе къан чIезе. Хасго гьеб кӀвар бугеблъун ккола сахлъи цӀуниялъул ва чорхол цIайиялда хадуб хал ккуразе.

 

Камил МухIамадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...