Аслияб гьумералде

Аварагасе ﷺ бокьулаан

Аварагасе ﷺ бокьулаан

Аварагасе ﷺ бокьулаан

Исламалъ кIудияб кIвар кьола рацIцIалъи цIуниялде. Гьеб цIуни Аварагас ﷺ жиндирго мисалалдалъун ва рикIкIен гIемерал хIадисазда рехсон бихьизеги гьабуна.

 

Гьес ﷺ абуна Аллагь ﷻ вугин вацIцIадав, гьединлъидал Гьесие ﷻ бокьулин рацIцIалъиян (Абу-Давуд). РацIцIалъи цIуниялъ гьоркьобе бачунеб гIамалалдасан ккола берцинаб махI гьабиги. Гьеб кколелъул чияда аскIове щведал, тIоцебесеб иргаялда, гьезда халлъулеб жо.

Хирияв Авараг ﷺ, гьавураб къоялдаса нахъе, вацIцIадавлъун вукIана. МахIал гьаричIониги гьесдаса берцинаб махIги бачIунаан. Жинда Аллагь разилъаяй ГIаишат йикIана Аварагасе ﷺ ретIел къачIалей ва гьесул ﷺ ратIлида берцинал махIал гьарулей гIадан. Цо риваяталда ГIаишатица бицана ахирисеб хутIба гьабизелъун Аварагасда ﷺ гьелъ жинцаго ретIанин ихIрамилан ва ретIилалде цебе цин «зирара» абун цIар бугеб мискалъул махIалги гьарунилан. (Бухари)

Бичасул Аварагас ﷺ миск киданиги нахъчIвалароан. ХIадисалда буго: «Лъабго жо буго нахъчIвазе жал лъикIал гьечIеб: къандалъо, берцинал махIал, рахь», - илан. Цогидаб хIадисалда буго: «Гьаб дунялалда руччабаздехун ва берцинал махIаздехун рокьи кьун букIана дие. Какги ккола дир бензул канлъилъун», - илан. (Насаи)

Авараг ﷺ къватIиве вахъиндал гIадамазда гьев лъалев вукIана гьесдаса бачIараб берцинаб махIалдасан. Гьелъул хIакъалъулъ Анасица бицана: «Мадинаялъул цо къотIносан Авараг ﷺ индал, гьесдаса бачIунеб букIараб берцинаб мискалъул махIалдасан гIадамазда лъалаан гьенисан Авараг ﷺ ун вукIин. Гьесдаса бачIунеб махIалъ нижеда лъалаан гьев тIаде щола вукIин», - илан.

Аварагасдасан ﷺ батIалъарабщинаб жоялдаги кидаго берцинаб махI букIунаан. Масала, «Аш-Шифа» абураб тIехьалда хъван буго, цо асхIабиялъ цIорол банкаялъубеги бакIарун, мискгIадин хIалтIизабулаанилан.

Анас бин Маликидасан бицана: «Жаниб мискал лъураб гъутухъ букIана. Цинги хIажат ккедал гьениса босун махIал гьарулаан Аварагас ﷺ», - ян. (Абу Давуд)

Сумама ибн ГIабдуллагьица бицана: «Анас бин Маликица гьесие кьолеб миск киданиги нахъчIвалароан. Гьес абулаан: «Аварагасги ﷺ кьолеб миск киданиги нахъчIвачIо», - абун.

Абу Гьурайратидасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «Бихьинчияс хIалтIизарулел махIазул махI букIине ккола, кьер букIине кколаро, руччабаз гьарулел махIазул кьер букIине ккола, махI бегьуларо», - ян.

 

Камил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...