Аслияб гьумералде

РацIцIалъи – иманалъул бащалъи

РацIцIалъи – иманалъул бащалъи

РацIцIалъи – иманалъул бащалъи

Исламалъ кIудияб кIварбуссинабула рацIцIалъиялде. Бусурбабаз сундулъго цIунула рацIалъи. Бищун цебе чороклъиялдаса цIунула къаркъала, хадуб ретIел-кун, рукъ-бакI, каву-къоно. Къойил щивав бусурбанчияс чара гьечIого тIуразаризе ккола гьел тIалабал. Щивав чияс гьел тIуразаризе кIвараб хIаракатги бахъула. ЛъикIав бусурбанчиясул рацIцIа-ракъалъиялда багьана чIвазе бакI, къанагIат гурони букIунаро.

 

АлхIамдулиллагь, ТIадегIанас кигIанги лъикI хьихьун руго, гьарзаго лъим буго, кинал рокьаниги рацIцIалъи цIунизе кумекалъе хIалтIизаризе къватIире риччарал сурсатал-алатал руго.

Гьединго гIезегIан лъикI буго рукъ-руссеналъул ахIвал-хIалги. Амма, рукъалъул нуцIа къан къватIире лъугьаралго, беццизе бажарулеб сурат бихьуларо къватIазул, хасго шагьаразда.

МухIаммад аварагасул ﷺ хIадис буго: «РацIцIалъи – иманалъул бащалъи ккола», - ян абураб. Нилъ исламияб дин ккурал бусурбаби ругониги къватIазда бугеб чороклъи дагьлъулеб гьечIо. Дагьабги захIматаб буго гьеб чороклъиялда гъорлъ гIумру гьабизе нилъ ругьунлъулел рукIин, гьеб къагIида букIине кколеб жо гIадин къабул гьабун букIин. Цебе ккаралъубе рехун толеб буго кьишни-къулалъул пакет, кодоб букIараб кваналеб конфеталдаса бахъараб кагъат. Гьединаб хIал нилъелъ букIаго, мадугьал вачIун гьес гьабун рацIцIалъи лъугьунаро. Щивас жиндасаго байбихьун гьабизе ккола рацIцIалъи ва ругеб бакIалда гIадлу.

ГIемерисеб рукъалъул гIадлу чIужугIаданалда бараб букIунин абула. Руччабаз дагьаб хIаракат бахъани, лъималаздаги малъун бичIчIизабуни, бихьиналги кIвахIаллъичIони, ракIчIун абизе бегьула гьеб суал битIараб нухде бачIинин.

Бухариясдасан бачIараб хIадисалда буго: «Нухдаса чороклъи нахъе гьабиги - садакъа ккола», - ян. Гьединлъидал, жиндир гурин течIого щивас жигар гьабун, мисал бихьизабуни аскIове ккаравги кантIила, хадур рачIаразеги гIадлу букIина.

Дагъистан буго нилъер киназулго гIаммаб рукъ. Нилъерго рукъ лъикI букIине бокьуларев чи цониги ватиларо. Кинаб рокъор гIезарилел нилъеца нилъерго лъимал, кинаб рукъ нилъеца гьезие нахъе телебали нилъедаго бараб буго.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее рукъги, къватIги, ракIги, напсги бацIцIадго цIунизе. Амин.

 

ГIали МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...