Аслияб гьумералде

Черх гьомгьоллъизабулеб

Черх гьомгьоллъизабулеб

Черх гьомгьоллъизабулеб

Хъабахъ ккола Аллагьас Къуръаналда рехсараб нигIмат. Нилъер Аварагасеги цIакъ бокьулеб букIана гьеб.

 

Анас бин Маликица бицана: «Цо къоялъ ратIлил устарас ахIана Авараг ﷺ жиндихъего гьоболлъухъ. Гьес Аварагасе ﷺ бачIана чедги чурпаги, жинда жаниб белъараб бакъвараб гьан ва хъабхъил кескал ругеб. Аварагас ﷺ гьеб лъугIизегIан кванана ва гьеб къоялдаса нахъе диеги бокьана гьеб хъабахъ», - абун.

Хъабахъ лъикIаб буго кванирукъалъе. Гьелъ къечги буссинабула. Гьеб гъорлъ белъараб лъим лъикIаб буго гьекъезе ва бетIер чуризе. Гьединго, бухIи цIикIкIараб мехалъ гьеб гьекъани, бухIи сасуна.

Бищунго лъикIал хъабхъал рукIуна чIахIиял, хъахIал, жаниса гьуинал. Гьелъ черх гьомгьоллъизабула, лъамалъи къватIибе бачIинабула, кванирукъ, чехь тамах гьабула, тIулал унти сах гьабула. Гьеб лъикIаб буго чорхолъ бухIи ва сафраъ (лимфа) цIикIкIарав чиясеги.

Хъабахъ кваназе лъикIаб буго хIавагIечгун, цIолбол, гранаталъул сокгун яги зайтуналъул нахулъ бежун. Гьединго, гьангун цадахъ ххенон кванани, гьелъул даруяб рахъ цIикIкIуна. Чорхолъ цIорой бугев чиясе (флегматик) лъикIаб буго ражигун, перецгун, занжабилгун цадахъ кваназе.

Чакаргун яги къанцIагун хъабхъил варенье лъикIаб буго гIадалнахуе, би бацIцIад гьабиялъе. Гьеб лъикIаб буго кIващул унти, простатит бугезе, кIващул пунцIила унтарав, чорхол гьава загIипав чиясе. Пайдаяб буго лъимаде ругел руччабазеги.

Гьеб буго Юнус аварагасе Аллагьас ﷻ бижараб, гьесие рагIад гьабураб нигIмат. Гьелдаса бахъулеб нах хIалтIизабула чехь-бакь бацIцIад гьабиялъе, тIулалъ, ццидал къвачIаялъулъ ругел ганчIал къватIире рачIинаризе. Хъабхъил сокалъул бащдаб стакан, чайдул гъуд гьоцIогун жубан регилалде сагIаталъ цебе гьекъани, рекIее хIалхьи бачIуна ва лъикIаб макьу щола.

Чорхолъа хIутIал къватIире рачIинаризелъун лъикIаб буго 150-200 грамм хъабхъил пурчIун мачIикьаго кваназе. Гьебго кванала простатит, аденома бугев чияс, гьединго маниялъул загIиплъи букIун лъимер гьечIев чияс.

Бащдаб стакан хъабхъил сок къойида жаниб 2-3 нухалъ гьекъезе лъикIаб буго бакьал унтарав, гъиз сварарав чиясе.

 

 

Жабир Мажидов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...