Аслияб гьумералде

Рахьдал мацI цIуниялде дир бербалагьи

Рахьдал мацI цIуниялде дир бербалагьи

Рахьдал мацI цIуниялде дир бербалагьи

XXI гIасру. ЦебетIолеб гIелму, гIалам, гIумру. Къойидаса-къойиде цIикIкIунел цIигьариял. ЧIороголъулел росаби. ЧIунтулел годекIаби. Рохьаца рацун, гьалагал иххаз кванан, тIерхьунел мугIрул росабалъе ралагьарал сухъмахъал. Заз-хъарахъалъулъ гъанкъулел рехун тарал мегъал, хурзал, хобалгун занал…

 

ГIатIилъулел, цIилъулел, ризлъулел шагьарал. Къойил эхетулел кIудиял рукъзал. БакIал гIатIидалъур къварилъулел гIадамазул ракIал. Рич-ричулел, тIу-тIулел гIагарлъиялъул бидурихьаз рухьарал гарцIал. Ризлъулел лъималазул ва харабазул рукъзал. Хъудулел пашманлъиялъул ралъадал. ТIеренлъулел рохалил лъарал.

ЦIияб хIухьелги гучги рахьдал мацIазе кьезе миллатги ВатIанги хириял жамгIиял церехъабаз тIобитIулеб лъикIаб тадбиралде гъорлъе журалел руго исана нижги, Гъуниб районалъул ХIутниб росдал мактабалъул цIалдохъаби, мугIалим Рамазан ГъазимухIамадовасул нухмалъиялда гъоркь.

Рахьдал мацI цIуниялда бан нижерго пикру загьир гьабизе квер балелъул, чIумаллъун сверулел руго гIаданир ХIамзатил Расулил, Фазу ГIалиевалъул, ПатIимат МуртазагIалиевалъул, МухIамад АхIмадовасул, Наби ГIисаевасул, МухIамад ХIамзаевасул, ТубхIат Зургьаловалъул ва цогидалги гIакъилал рагIул устарзабазул къиматал калимаби, гьалдолел жугьаби. ХIасилалда, паркъолеб буго беразда цебе кьер-кьерал релъабаз басараб, батIи-батIиял куназ угьараб макъалаялъул авалалда кьураб рагIабазул сурат.

Нижер пикруялда, гьаб жакъасеб гIумруялда халлъулеб хIалуцинги, метерисеб къоялде тIагIунеб божилъиги, тIибитIулеб пасалъиги, хиянатчилъиги, хъизан-лъималазда гьоркьоб гIемерлъараб дагIба-рагIиги, гIадлу-низам хвейги, гьитIинаб гьечIеб бутIа гIолохъанаб гIелалъул какарал ишазде буссинги, адаб тейги, рокьукълъиялъулгун ццидалал карачелал кутаклъиги – киналниги балагьазул аслу рахьдал мацI бокьунгутIи ва лъангутIи буго.

Адабияталъул, тарихалъул, маданияталъул дарсазда нилъеда бихьула, бичIчIула батIи-батIиял заманабазул церехъабиги хIаракатчагIиги цIвабилъун лъугьиялъе, халкъалъул рекIелъ абадиялъ чIаго хутIиялъе аслияб шартI – гIагараб рахьдал мацIги миллатги гьезие бокьи букIин. Мисалалъе росила нилъер лебалал имамзаби ГъазимухIамад, ХIамзат, Шамил, шагIирзаби ХъахIабросулъа МахIмуд, ГIанхил Марин, Элдарилав, ЧIанкIа, ЦIадаса ХIамзат, Расул ХIамзатов, ГIабасил МухIамад, Фазу ГIалиева…

Жакъайин абуни инсанияталда цере чIарал кIвар борхатал масъалабазулъ рехсон буго рахьдал мацIал тIагIиналъул, гьел цIунизе ккеялъул суал. Гьединаб суалалъеги бахъун чIезе бакI толел, рес кьолел нилъ – кинал ирсилал кколел? Гьединаб инжитллъи нилъеца, наслабаз, бихьизабизедай баракатал умумуз, тIаде щиб къо бачIаниги, гьебги лъимлъун къулчIун, ругънада чIорто бухьун, чIахIил чурпа кванан, кIалдиб реччIараб гулла чIамун къватIибе тун, къотIун дал-далараб гъеж тIадги чIун тIун рехун, рухIалда барахщичIого, ясберлъун цIунун, мацIги, маданиятги, рухIияб бечелъиги нилъее ирсалъе кьураб?! Эркенаб, гьарзаяб, бацIцIадаб, роцIцIараб, гвангъараб гIумру кьуралъухъищ гIадаллъиялъул цIалал бутIрулъ щварал гьанже заманалъул вакилзаби рухIияб бечелъиялъул кьучI, нилъер умумузул мацI – авар мацI чIунтизабизе рекIун ругел?!

 

Написат гIабдулаева,

Гъуниб районалъул ХIутни росдал гьоркьохъеб школалъул 9 классалъул цIалдохъан

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...