Аслияб гьумералде

ГIалимзабазулги гIалим

ГIалимзабазулги гIалим

ГӀабдулмалик бин ГӀаб-дуллагь бин Юсуф бин МухӀамад ал-Жувайни, имам ал-ХӀарамайн абураб цIаралда гъоркь машгьурлъарав инсан гьавуна гьижрияб 419-абилеб соналъул мухIарамалъул 18-абилеб къоялъ Найсабур шагьаралда.

 

Гьесие тӀокӀцӀар кьуна ал-Жувайни абун, щайгурелъул гьесул эмен Найсабуралда аскӀоб бугеб Жувайн абураб шагьаралда гIумру гьабун вукIиналъ. Жувайналъул бакIалда ругел гӀалимзабазда цевеги цӀалун, гӀелму тӀалаб гьабун эмен гочуна Найсабуралде ва гьенив чIола.

Гьединго гьесие щола тӀокӀцӀар «имам ал-ХӀарамайн», ай кӀиябго хирияб шагьаралъул имам абураб магӀнаялда. Щайгурелъул, чанго соналъ Маккаялда ва Мадинаялда дарсал кьолев, цIалулев вукIиналъ. Гьел шагьаразда гьесул къадру-къиматги букӀана, гӀалимзабазул цевехъанлъунги рикӀкӀана.

Имамул ХIарамайниясул эменги вукIана машгьурав гIалим ва вали.

Имам Абу ГӀусман ас-Сабуница гьесул инсул хӀакъалъулъ абуна: «Шейх Абу МухӀамад бану Исраилалдаса вукӀаравани, гьез гьесул лъикӀлъаби тIиритIизаризе рукIана ва гьесдаса чӀухӀизеги рукӀана», - ян.

Имам Жувайниясул инсуца бетӀербахъи гьабулеб букIана тӀахьал хъваялдалъун ва гьедин хасаб гIарацги данделъун букIана. Гьеб гӀарцухъ гьес такъваялъул рахъалъ машгьурай лагъ йичун йосула. Гьес гьей тӀаса йищула вукӀинесев имамасул эбеллъун.

Жувайнил инсуда цо нухалъ макьилъ вихьула Ибрагьим авараг. Гьесие бокьула аварагасул хӀатӀазда убач гьабизе, амма гьес гьабизе биччаларо адаб-хӀурмат гьабун. Гьесда гьеб мехалъ бихьула Ибрагьим аварагасул хӀатӀида убач гьабизе жинда кӀвараблъи. Гьеб макьуялъул магӀна гьабула жиндир наслуялда баракат лъезе бугин абун.

Тажудин ас-Субкица гьеб макьуялъул тафсир гьабун хъван буго: «Дунялалдаго цӀар рагӀарав ва жиндир гӀелмуялъ Машрикъалъеги Магърибалъеги пайда кьурав Имамасдаса (Жувайнидаса) кӀудияб кӀодолъи ва рахӀмат щиб букӀинеб», - ян.

Гьев гьитIинав чи вугеб мехалдаго гьесул инсуца кӀудияб кӀвар кьолаан вас хӀарамабщинаб жоялдаса цӀуниялде. ХIакъикъаталда лъимералъе тарбия кьезе аслияб къагӀидаялъ байбихьула гьабураб къоялдаса нахъе. Инсанас динияй лъади тӀаса йищани ва ритӀухъаб гӀумруги гьабуни, хIалалаб жо гурони кваналебги гьечӀони, гьел гӀамалазул баракат гьесул наслуялда загьирлъизе цIикIкIун рес буго.

Цо къоялъ Жувайнил эбел квен гьабиялде машгъуллъидал, жание ячIарай мадугьаласул хъулухъчӀужуялъ гӀодулеб лъимадуе керен кьола. Гьеб лахӀзаталъ эмен жаниве вачIуна. Гьеб бихьидал цӀакъ ццим бахъун инсуца лъимер нахъе босула ва кӀалдиб килищ къазабун лагIизавула. Гьеб ишги инсуца гьабуна рухIияб рахъ васасул бацIцIадаблъун букIинелъун.

 

ГIелму тIалаб гьаби

Инсуца кӀудияб кӀвар кьолаан васасе тарбия ва лъай кьеялде. ГьитӀинаб мехалда Жувайница рекӀехъе лъазабула Къуръан ва хадуб эмен хвезегӀан гьесда цадахъ гӀелму цӀалула 438-абилеб соналде щвезегIан.

Эмен хведал вукIинесев имамас бан букIуна 19 сон. Амма гӀолохъанго вукӀаниги, гӀалимчи хӀисабалда, гьесул къадру-къимат букIана ва инсул бакӀалда дарсал кьезе, вагIзаби цӀализе гьев тӀаса вищулаан. МугӀалимлъиялдаго цадахъ Найсабуралъул цӀар рагӀарал гӀалимзабазда цевеги цIалула.

Имам ХIарамайни вукIана берцинаб гӀамал-хасияталъул чи. КигIанго цIакъ гӀелмуялъул тIогьиве ваханиги, гьев киданиги нечолароан гӀелмуялдаса жеги пайда босизе, хӀатта жиндирго мутагӀилзабаздасацин.

ЦӀар рагӀарав нахIвиялъул гIалим Абул-ХӀасан ал-Мажишица гьесул хӀакъалъулъ абуна: «Дида киданиги вихьичӀо гьав имам гӀадин гӀелмуялде гIищкъу бугев чи. ХӀакъикъаталдаги, гьес гӀелму цӀалулаан цогидаб гIелмуялъе гIоло», - ян.

Ал-Мажиши Найсабуралде щола гьижрияб 469 соналъ. Доб мехалда Жувайница бан букIана 50 сон. Гьесул цӀарги рагIун букIана тӀолабго исламияб дунялалдаго. Гьедин букӀаниги, машгьурав нахIвиялъул гIалим шагьаралде вачӀун вукIин лъайдал, Жувайни гьесул мутагӀиллъун лъугьана ва гьесухъа дарсал росулаан.

Тажудин ас-Субкица хъван буго Абу ИсхӀакъ аш-Ширазица имам ал-Жувайниясул хӀакъалъулъ абунин: «Гьав имамасдаса пайда босизе хӀаракат бахъе. ХӀакъикъаталдаги гьев вуго гьаб заманалъул рохел», - ян.

Гьединго бицуна цо нухалда Абу ИсхӀакъ аш-Ширазияс гьесда абун бугин: «Мун вуго киналго имамзабазул цевехъан», - ян.

 

Имамасул тIахьал

ЦӀар рагӀарав гӀалимчи ибну ГIасакирица хъван буго: «Нигьаятул матIлаб фи дираятил-мазгьаб» гӀадаб тӀехь цебе хъван букӀинчӀо», - ян.

Цоги машгьурав гӀалимчи ибну ХӀажар Гьайтамияс абуна: «ШафигӀияб мазгьабалъул имамзабазда гьоркьоб пикру цолъула: «Жувайница «Нигьаятул матIлаб фи дираятил-мазгьаб» абураб тӀехь гӀуцӀун хадуб гIалимзаби цогидаб пикруялде руссинчIо», - ян.

ХӀакъикъаталдаги, хадусел гӀасрабазда шафигӀиял гӀалимзабаз мугъчӀвай гьабулел рукӀарал киналго аслиял тӀахьал рукӀана гьеб тӀехьалда рекъон хIадурарал.

Имам Гъазалияс жиндирго фикъгьиялъул машгьурал «Ал-БаситI», «Ал-ВаситI», «Ал-Важиз» абурал тIахьазе кьучӀ босула гьеб тӀехьалдаса. Хадуб имам РафигӀица жиндирго «МухӀаррар» абураб тӀехьалъул кьучӀ бахъана Гъазалил «Ал-Важиз» абураб тӀехьалдаса. Имам ан-Нававица жиндирго «Мингьаж» абураб тӀехьги гьеб тӀехьалъул кьучӀалдаса бахъула. Жакъасеб къоялъ имам Нававиясул «Мингьаж» абураб тIехь ва гьелда тIад гьарурал хъвай-хъвагIаял руго шафигIияб мазгьабалда бищун мугъчIвалеллъун.

Гьижрияб 478 соналъ Жувайни унтула. Гьев гочуна Найсабуралда аскӀоб бугеб Буштаникъан абураб росулъе. Щайгурелъул, гьениб лъикIаб тIабигIат букIун. Амма имам сахлъичӀо. РабигӀул ахир моцӀалъул 25 къоялъул арбагӀ къоялъул сардилъ, боголил какдаса хадуб, 59 сонил ригьалде вахарав имам Жувайни дунял тун уна абадияб рокъове.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...