Аслияб гьумералде

Тафсир агьлуялъул маяк

Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва гьеб тIибитIизабулел чагIи.

 

Къуръан ккола хирияв МухӀаммадихъе ﷺ рещтӀараб ТӀадегӀанав Аллагьасул ﷻ калам. Гьеб тIехь, ракьалда ругел киналго тӀахьазда гьоркьоб, бищунго къиматабги буго.

Къуръаналъул мацӀ бичIчIула цере рукIараздаги ва хадур рачIараздаги. Кин бугониги гьелъулъ батула гъваридал магIнаби, жибго таржама гьабидалги бичIчIулареб. Амма талихӀалъ руго тафсирал, гьелъул аятал баян гьарулел.

Гьаб макъалаялда нилъеца бицен гьабила кӀудияв гӀалим, мужтагьид, факъигь, тарихчи ва муфасир МухӀаммад ибну Жарир Ат-ТIабарил.

 

ГьитIинаб заман

Имам ТIабари гьавуна гьижрияб 224 соналъ Ираналъул ТIабаристан вилаяталъул Амул росулъ, гьединлъидал гьесие тӀокӀцӀарги кьола ТIабари абун, ай «ТIабаристаналдаса» абураб магӀнаялда.

ГьитӀинаб къоялдасаго ТIабариясул инсуца гӀемер хӀаракат бахъула васасул гӀелмуялде рокьи бижизабизе ва гьев дин лъалевлъун вахъине. ТIоцебе ТIабаристаналда гIелму тIалаб гьабула, хадуб сверухъ ругел бакӀазде витIула. Гьедин гьаби битIараб букIиналъе нугIлъи гьабула инсуда бихьараб макьуялъги.

Жаририда макьилъ бихьула жиндирго вас МухӀаммад аварагасда ﷺ цеве чӀун, ганчӀил цӀураб сумкаги босун ва гьеб гьесда цебе рехулев. Макьу къотIизе лъалез абула гьесул васасул дин цIунулев чи вахъине вугин абун.

Имам ТIабарица гьитIинго гӀелмаби лъазарула. Анкьго сон барав ибну Жаририда рекӀехъе лъала тӀубараб Къуръан. Микьго сон бараб мехалъ гьес цебе как базе имамлъи гьабулаан ва ичIго сон байдал жинцаго хIадисал хъвалаан. ТIабаристаналда щвараб лъай гьесие гӀолеб букӀинчӀо ва уна батӀи-батӀиял рахъазде сапаралъ.

 

Имамасул сапар

Имам ТIабарияс сапар бухьуна Сириялде, Египеталде, Ливаналде ва ГӀиракъалде. Гьел сапаразда имамас тафсиралъул, хӀадисазул, фикъгьиялъул гӀадал кӀвар бугел гIелмабазул лъай босула. Гьединго гьес гьениб лъазабула гӀараб поэзия, лексикография, нахIви, хIатта математика ва тохтурлъи. Гьеб сапаралъул заманалда имам чанго нухалъ щола Багъдадалдеги.

 

Имамасул тIахьал

Жиндирго бажариялдалъун гIалимчи лъугьуна гьижраялъул лъабабилеб гӀасруялда бищун гӀемер тӀахьал данде гьарулезул цоявлъун. 40 соналда жаниб имам ТIабарица къойида жаниб хъвалаан 40 тӀамач.

Имам ТIабарил бищунго машгьурал тIахьазул цояблъун рикӀкӀуна гьесул тафсиралъул тIехь: «ЖамигIул баян» абураб. Гьесул тарихияб хъвай-хъвагӀай: «Тарихул Анбияи вал Мулук» (Аварагзабазул ва ханзабазул тарих). Гьесул гьеб кӀиябго тIехь бищунго къимат бугел ва пайдаял тIахьаллъун лъугьуна. Гьеб кӀиябго тӀехь данде гьабиялъ гӀалимзабаз «Къуръаналъул тафсирчагӀазул ва тарихчагӀазул эмен» абун цIарги кьола имам ТIабарие.

«Тафсир ТIабари» ккола хирияб Къуръаналъул аятазул тафсир гьабулеб тIехь. Гьелда жаниб имамас тIоцебе лъола аяталъул магӀна, хадуб бачуна МухӀаммад аварагасул ﷺ, асхӀабзабазул ва гьезул заманалъул табигӀуназул пикраби, цинги гьеб аяталдасан бачӀунеб шаргӀияб хӀукмуги.

Цо нухалъ имам ТIабарияс жиндирго мутагӀилзабазда гьикъула лъабкъоялда анцӀазарго гьумер бугеб Къуръаналъул тафсир цӀализе бажаризе бугищин абун. МутагӀилзабаз жаваб кьола гӀумруялда жанибцин цIализе рес гьечӀин. Гьелдаса хадуб имамас жиндирго тафсиралъул къадар лъабазарго гьумералде щвезегӀан дагь гьабула. Гьебго жо гьабула жиндирго тарихаъул тӀехьалъулги.

Имам ТIабарил кӀиабилеб кӀудияб тIехь «Тарихул Анбияи вал Мулук» рикӀкӀуна цIакъ къиматаблъун.

 

Имам ТIабариясул такъва

Имам ТIабари вукӀана Аллагьасдаса ﷻ хӀинкъулев, дагьалда гӀей гьабизе хӀаракат бахъулев, щаклъи бугеб яги гьукъараб жоялдаса рикӀкӀад чӀарав чи. Гьес мацӀ цӀунулаан чороклъиялдаса ва рикӀкӀад чӀолаан хирияб исламияб гӀелму бачунев чиясул къадру хвезабизе бегьулебщинаб жоялдаса. Гьев вукӀана цӀакъ хӀеренав, адаб-хӀурмат бугев чи.

Гьев вукӀана сахаватав, лъица сайгъат кьуниги данде жо кьечIого толароан. Гьесул рекӀелъ квешлъи яги жахӀда букӀинчӀо, зарал гьабурал чагӀазда тӀаса лъугьунаан.

Имам ТIабарил букӀана исламалъул гӀелмабазул гӀатӀидаб лъай, гьесда кӀолаан жиндаго, лъилниги кумек гьечӀого Къуръаналдаса ва суннаталдаса шаргӀалъул хӀукмаби гьаризе.

 

Ахирисел къоял

Имам хвана 26 шаввалалъул къаси мехалъ, гьижрияб 310 соналъ, Багъдадалда. Хвараб мехалда гьесул букIана 85 сон. Гьев хун чанго моцӀ индалги батIи-батIиял бакIаздаса гӀадамал рачӀунаан гӀалимчиясул хабаде зиярат гьабизе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...