Аслияб гьумералде

Имам Нававиясул мугIалим

Имам Нававиясул мугIалим

Ибну Малик Андалуси, ай Абу ГIабдуллагь Жамалудин МухIаммад ибну ГIабдуллагь ибну МухIаммад ибну ГIабдуллагь ибну Малик Ат-Таи Жайяни. ГIемерисез гьесда къокъго абула ибну Малик абун.

 

ГIемерисел тарихчагIаз абуна ибну Малик гьавунин гьижрияб 600 соналъ Андалусия шагьаралда. ТIоцебе гьес цIали байбихьана жиндирго росулъ хирияб Къуръан рекIехъе лъазабиялдаса ва гьелъул къирагIатал (Къуръан цIалиялъул къагIидаби) лъазариялдаса.

Хадуб гьес нахIвиги маликияб мазгьабалъул фикъгьиги лъазабула. Живго ибну Маликица жиндирго мутагIилзабазда бицухъе, гьес Къуръанги нахIвиги лъазабула Сабит ибну Хаярида цебе.

Дагьав кIудияв гIедал ибну Малик Мароккоялде ккола. Доб заманалда жиндирго ватIан Андалусия тун къватIиве вахъуна доба лъугьараб питна сабаблъун. Амма гьесул сапаралъул аслияб мурад хIеж борхи ва пайдаяб гIелму щвей букIана. Гьеб мурадалда ибну Малик Дамаскалде щола ва гьениб цIали гьабула Дамаскалъул кIудиял гIалимзабазда цебе, масала, Абу Садикъ ХIасан Ас-СаббахIида, АбулхIасан Ас-Сахавида ва цогидаздаги.

Цинги ибну Малик ХIалеппоялде уна ва гьениб нахIви лъазабула кIудияв гIалимчи ибну ЯгIишида цебе. Цо заманалда гьев цIалула ибну ЯгIишил мутагIил ибну Амрида цеве. Гьеб заманалда ибну Малик вахъуна нахIвиялъул машгьурав махщелчилъун ва киназго гьев мисаллъун вачуна гъваридго нахIви ва гIараб лъалев чилъун.

Гьелдаса хадуб гьес гIелмаби малъизе байбихьана ХIалеппоялда ва кватIичIого ХIалеппоялда бугеб султIанасул мадрасалъул нухмалъулевлъун вахъуна. Гьениб гьес нахIвиялъул дарсал кьола ва тIахьал хъвала. Гьеб заманалда хъвала «Аль-Кафия аш-Ширия» абураб тIехьги.

Гьелдаса хадуб ибн Малик гочуна ХIамаялде ва гьениб пайдаяб гIелму тIибитIизабулев вукIуна. Гьениб гьес хъвала жиндирго машгьураб «Альфия» абураб тIехь, гьебги рикIкIуна гIараб мацIалъул нахIвиялъул рахъалъ бищунго лъикIал тIахьазул цояблъун.

ГIемер заманги гьениб бачIого, ибну Малик Дамаскалде уна ва гьенибги дарсал кьола, тIахьалги хъвала. Къокъаб заманалда жаниб Дамаскаялда гьесул гIемерал мутагIилзаби раккула. Дамаскалда гьес хъвала гIараб мацIалъул батIи-батIиял гIелмуялъул пайда бугел хIалтIаби.

Гьезда гьоркьоб доб заманалда «Тасгьил» абураб тIехьалде бахараб тIехь букIинчIо.

Дамаскалда ибну Маликица гьелъул кIудияб мадрасалда дарсал кьола ва Амавиязул мажгиталдаги жив имамлъун вугев бакIалда дарсалги кьолаан. ГIемерисеб мехалъ гьес нахIвиялъул дарсал кьолел рукIана. Бицунаан мадрасалъул кIалтIаги чIун гьес ахIулаанин: «ХIадис яги тафсир лъазе бокьарав чи вугищ яги цогидаб жо...?» Лъицаниги жаваб кьечIеб мехалъ, гьес абулаан: «Дун вахъун ккана тамихI щвеялдаса гIелму бахчаралъухъ», - ян.

 

Гьесул мутагIилзаби

Гьесул мутагIилзаби Багьавуддин ибн Ан-Нахас, имам ан-Навави, аш-Шамс ал-Баали, аз-Зайн ал-Маззи ва ал-ГIалам ал-Фарукъ абурал гIалимзаби рукIана. Ибну Маликил тIадегIанлъи рехсани, гьесул мутагIиллъун вукIин имам Навави гIеларищ. Гьес имам Навави жиндирго «Альфия» абураб тIехьалда рехсола.

Дамаскалъул гIадатиял гIадамазги гьелъул хIакимзабазги кIудияб адаб гьабулеб букIана ибну Малик Андалусиясул. Как бан лъугIун хадуб живго къази Шамсудин ибну Халканица гьесул кIудияб адаб-хIурмат гьабун рокъове щвезегIан гьев тIовитIулаан.

Ибну Малик гвангъараб гIакълуялъул, лъикIаб гIамал-хасияталъул, тIадегIанаб лъай бугев, цIакъ хIалимав ва адаб-хIурмат бугев чи вукIана. Гьесухъа бажарулаан жиндирго цIалдохъабаз кьурал захIматал суалал ричIчIизарун, сабруялда бицине. Гьединго къваригIараб жавабазе сабруялда гIемерал тIахьал хъирщулаан. ТIубараб гIумруялъ ибну Маликил гIелму лъазабиялде гъира букIана ва ахирисеб къоялъцин гьес рекIехъе лъазабуна чанго чIахIиял мухъал.

Гьес цониги жиндирго хIукмуялда тIасан бугеб пикру хъвачIо батIи-батIиял тIахьазда борцун гурони. Гьев кидаго вихьулев вукIана как балев, Къуръан цIалулев яги тIахьал цIалулев ва хъвалев.

Гьединаб гIибадаталъулъ ва батIи-батIиял гIелмаби лъазариялъулъ бугеб хIаракатчилъиялъ ибну Маликие щвана гIелмуялъулъ цебетIей. Жиндир заманалда гьев рикIкIунаан Къуръаналъул киналго къираатазул гIелму лъалев гIалимлъун.

НахIвиялъул ва гIарабалъул хIакъалъулъ абуни, ибну Малик рикIкIунаан гьеб рахъалъ ахирисевлъун жинда тIад мугъчIвай гьабулев чилъун.

ГIемерисеб мехалъ нахIвиялъе жинца гьарурал баяназе далиллъун гьес рачунаан хирияб Къуръаналъул аятал. Къуръаналда гьел ратичIони, Аварагасул ﷺ хIадисаздаса босулеб букIана, гьелдаса хадуб гIараб тIахьаздаса.

Къокъго абуни, ибну Малик Андалуси вукIана къимат тIадегIанав гIалимчи ва жиндир заманалда нахIвиялъулги гIараб мацIалъулги гIелму лъалев багьадур.

Ибну Маликица гьаб дунял тана 70 сонил ригьалда.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...