Аслияб гьумералде

Аварагасухъе ﷺ зиярат

Аварагасухъе ﷺ зиярат

Аварагасухъе ﷺ зиярат

Хирияв Аварагасул ﷺ хабаде зиярат гьаби ккола нилъ Аллагьасде ﷻ гIагар гьарулел бищунго хириял гIамалазул цояб. Гьеб хирияб букIиналъул хIакъалъулъ бачIана Къуръанги, хIадисги, къиясги, ижмагIги.

 

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Гьез жидерго напсазе зулму гьабун хадуб дуда аскIоре рачIун, цинги жидеца мунагьал чуриги тIалаб гьабун, Расуласги гьесул мунагьал чуреян гьарун букIарабани, гьезда Аллагь ватилаан цIакъ тавбу къабул гьабулевлъун» (сура «ан-Нисаъ», 64 аят). Гьаб хирияб аяталда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тавбу къабул гьабиялъеги, Живго гурхIиялъеги шартIлъун гьабулеб буго хирияв Аварагасда ﷺ аскIоре рачIинги (батIалъи гьечIо, гьев чIаго вукIараб мехалъ рачIаралги, хун хадур рачIаралги) Аллагьасдаса ﷻ мунагьал чури тIалаб гьабиги, Расулас ﷺ нилъер мунагьал чуреян гьариги.

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Щив чи вугониги, хIежги гьабун дихъе зияраталъ вачIинчIев, гьес дидехун хъачIаб бербалагьи гьабуна», - ян. Аллагь ﷻ разилъаяв ибну ХIажарас хIадисазул хIасилги гьабун абун буго: «ХIежги гьабун Аварагасде зиярат гьабичIев чи ккола жив къосаравги, Аллагьас хIакъир гьавуравги, цIадуе мустахIикъавги. Аллагьгун Аварагасдаса рикIкIалъаравги, ЖабрагIил малаикасги, нилъер Аварагасги гьалаглъагиян жиндие дугIа гьабуравги, алжаналъул нухдаса ватIалъаравги, къарумавги, диникъавги, хирияв Аварагасул гьумер бихьуларевги», - ян.

Хадубго, ибну ХIажарас абун буго: «Цебе заманалда хIежги гьабун Аварагасухъе ﷺ зияратги гьабичIого цояв вачIани, гьев чиясе гьеб жо тIаса унареб рогьолъунги ничлъунги букIунаан. Гьеб нич тIаса рехизелъун гьев чияс цIидасан хадусел соназ хIеж борхулаан», - абун.

Хирияв аварагасухъе ﷺ зиярат гьабичIого тIадвуссарав чи бусурбабаз хIажичилъун рикIкIунароан, гьесда цадахъ гIодор чIолароан. Гьес гьеб рогьо кIиабизеги хIежалдеги ун, зияратги гьабун, тIаса рехун гурони. Гьединлъидал, цо-цо гIалимзабаз зиярат гьаби тIадаблъунцин гьабулеб буго. Амма суннатаб букIиналдайин абуни, тIад рагIи абулел, ункъабго мазгьабалъул хIакъикъиял гIалимзабазда гьоркьор цонигиял гьечIо.

Хирияб хIадисалда буго: «Дир хабаде жинца зиярат гьабурав чиясе дир шафагIат тIалъана», - ян (Байгьакъи).

Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивав бусурбанчиясе Аварагсул ﷺ шафагIат. Амин!

 

МухIаммад ГIабасов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...