Аслияб гьумералде

ЛъикIай чIужуялъул мисал

ЛъикIай чIужуялъул мисал

ХIасанул Басрияс бицун буго: «Цо нухалъ Маккаялда вукIаго базаралде щведал, ретIел босизейин абун, ххам бичулев чиясда цеве лъалхъана.

 

Багьа-танга цIехон даран гьабулев вукIаго, базарган лъугьана дие Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун гьедун, къайи беццизе. Гьесул къайи бецци бихьун дица босизе ракIалда букIарабги тун, цогиясда аскIове ун, гьесухъа босана.

Гьелдаса хадуб чанго сонги ун хIеж гьабизелъун цIидасан Маккаялде щвана дун. Цебесеб нухалъго гIадин хIажатаб босизе базаралде щведал, дандчIвана довго базарган. Гьаб нухалъ абуни дида гьесул къайи беццулеб ва лъикIаб бугин чIезабун Аллагьасдалъун ﷻ гьеди халлъичIо. Гьелда хIикмалъарав дица базарганасда цIехана: «Мун гурищ дов цевеги гьанив къайи бичулев вукIарав, бичулагоги Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун гьедун даран гьабулев вукIарав чи», - ан.

Базарганас абуна жив вукIанин абун. Дица цIехана: «Щибха ккараб, сунца мун хисизавурав, гьаб нухалъ дида мун къайи беццулев ва Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун гьедулев вихьулев гьечIо», - ян.

Жаваб гьабун гьес абуна: «Цее йикIарай дир хъизан йикIана, дагьаб гIарац рокъобе бачIани, рази гьечIолъи бихьизабулей. ГIемер щвани, гьебги гIоларого гIамал квешлъулей. Хвел тIаде щун Аллагьас ﷻ гьей нахъе ячиндал дица цоги лъади ячана. ЦIияй ячарай йиго гIамал берцинай. Щибаб нухалъ дун къватIиве унелъул, гьелъ дир ратIлил рагIалги ккун абула: «Я пулан, мун Аллагьасукьа ﷻ хIинкъа, хIалалаб нухалдалъун щваралдалъун гурони дуца нижги кваназаруге. Дагьаб гурони хайир ккечIого мун вачIаниги, нижеца гьеб гIемераблъун рикIкIина», - ян.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...