Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

– Алжан чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 137 нухалъ.

– Машгьурав нахIвиялъул гIалим мугIалимлъун имам Нававиясул щив вукIарав?

– Ибну Малик Андалуси.

– Сура «Бакъараялда» рехсарал мугIрул щал?

– Сафа ва Марва.

– ФиргIавнил тавбу Аллагьас ﷻ щай къабул гьабичIеб?

- Холеб мехалъ, кIанцIизе бакI тIагIиндал гьабулеб букIиналъ.

– Тавбу ва гьелда релълъарал рагIаби Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 83 нухалъ.

– Туснахъалда вугеб мехалъ Юсуф аварагас щиб гьабулеб букIараб?

– Туснахъалда ругел ТIадегIанав Аллагьасе гIибадат гьабизе ахIана.

– Аварагас ﷺ щив витIун вукIарав ансаразухъе гьезда ислам малъизе?

– МусгIаб бин ГIумайр.

– Аллагьасул ﷻ тушманасул рокъоб тарбия щварав авараг щив вукIарав?

– Муса авараг.

– Лъил горде рехсараб Къуръаналда?

– Юсуф аварагасул.

– Имам Муслим кида гьавурав?

– 206 гьижрияб соналъ.

– ГIиса авараг гьавидал гьесул тIоцебесеб калам кинаб букIараб?

– Дун Аллагьасул ﷻ лагъ вугин абураб.

– Муса аварагасул вазир щив вукIарав?

– Гьесул вац Гьарун, гьевги авараг вукIана.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...