Аслияб гьумералде

Гьородаса бижараб

Гьородаса бижараб

Чу ккола ТIадегIанав Аллагьас бижараб махлукъатазул цояб, инсанасе жиндаса пайда бугеб. ГIалимзабазул баяназда рекъон, чуяз ракьалда гIумру гьабулеб буго чанго миллион соналъ. Инсанас чу квегъун буго 6000 соналъ цебе. Гьеб буго Аллагьас инсанасе пайдаялъе бижараб рухIчIаголъи.

 

Ибну ГIабасица бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ чу бижизе бокьидал, Гьес ﷻ гьорода абуна, дудаса махлукъат бижизе бугин. Аллагьас ﷻ гьорода амру гьабула данде бакIареян. Цинги, ЖабрагIил малаикас гьелдаса цо бутIа босула ва Аллагьас ﷻ бижула чу. Хадуб Аллагьас ﷻ абула: «Дица мун рекIунеблъун бижана ва гIарабияблъунги гьабуна ва Дица бижараб махлукъаталдаса тIадегIанаблъунги гьабуна», - абун. Цинги Аллагьас ﷻ гьеб махлукъат биччан тола ва гьеб хIихIидизе жубала. Хадуб Аллагьас ﷻ абула: «Я чу, дур гьаркьидалъун Дица ﷻ капурзаби хIинкъизарила, дур гьаркьидалъун гьезул хIатIал сородизарила», - ян.

Чол бицен буго хирияб Къуръаналдаги. ХIадисаздаги гIемер рехсон руго гьел. «Чу бугеб рокъобе жен гIагарлъуларо…», - абун буго хIадисалда (КъуртIуби). Цоги хIадисалда буго: «Чодул надалда буго лъикIлъи, Къиямасеб къо чIезегIан», - абун (Бухари).

ТIоцеве чода рекIарав ккола ИсмагIил авараг. Гьев рекIинегIан цебе чу букIана гIалхул хIайванлъун.

Аварагасул ﷺ жигьадазул цонигияб букIинчIо чу гIахьаллъичIеб. Ибну ГIабасидасан бицун буго: «Рагъда чоца абула: «СуббухIун къуддус раббул малаикати ва ррухI», - ян. Аварагасе ﷺ бищун бокьулеб букIараб хIайванги буго чу.

Аварагасулги ﷺ рукIана чуял. Гьелда рекIин суннатабги буго. РекIунелъул ният гьабуни, кириги щвела.

ХIикматал

Гьезул гIундузда руго 10 батIиял ччорбал. Гьелъул хIасилалда чуязда кIола цоцадаса батIаго гIундул хьвагIезаризе ва гьел 180 градусалде сверизаризе. Инсанасул гIундузда лъабго гурони ччобори букIунаро.

Чуязда кIоларо кIалдисан хIухьел цIазе. Гьез хIухьел цIала магIазукъалахъан. Гьезул беразул гIуцIиги буго гIажаибаб, кинабго рахъ бихьизе кIолеб. Амма руго беццал рахъалги, хIатта цояб гьумералда цебе. Гьезда бихьизе кIолеб гьечIо цебе ккураб кIалцIи. Гьеб халлъулеб буго чуязда михъазул ва кIутIбузул кумекалдалъун. Гьезда батIа бахъизе лъала гIадамазул жидедехун бугеб хIал.

2016 соналъ гIалимзабаз гьабураб цIех-рехалдалъун баянлъун буго чуязул рекIел кьаби хехлъулин ццин бахъарав чи вихьидалин абун. Гьелъул хIасилалда чол хIал хисулеб буго гIамаликъав чи аскIове щведал.

Чуязда кIола рахъун чIаралъубго кьижизеги. Дагьаб заманалъ гурони бегун хIалхьиги гьабизе кколаро гьез. 

Чуязул буго хехаб тирха-кIичи. ХIинкъи ккараб заманалда гьезда кIола бахъун чIаралъубго, 0,3 секундалда жаниб, къуватаб кьабгIи гьабизе. Рилълъанхъизе кIола хьиби-хьибилалдеги. Буго ункъо батIияб рилълъин, бекери. Бартул цаби кIудиял рукIуна гIалаялъулалдаса.

Чуял руго кутакалда цIодорал жал. Гьезда кIола батIи-батIиял ишазде ругьунлъизе. Илхъидулъги гьел жидедехун лъикIаб хIал бугелгун рекъола. Цояб кваналелъул цогиялъ хIинкъиялдаса цIунизе хъаравуллъи гьабула. Амма цIикIкIун заманалъ бакъун чIезе кIоларо. Бакъидал гьезул кванирукъ унтулеб буго. Абула чода макьабиги рихьулин.

Гьезул ракI анцIго нухалъ кIудияб буго инсанасулалдаса. Гьезда кIолеб буго цадахъго щуго литр лъел гьекъезеги. ХIалхьуда ругеб мехалда, минуталда жаниб 8-14 нухалъ гурони хIухьел босулеб гьечIо.

Абула чуязул 600-ялдасаги цIикIкIун тайпа бугилан. Аслияб куцалда гьез гIумру гьабулеб буго 25-30 соналъ, амма бищун хераб чулъун рикIкIуна 62 сон бараб чу.

Бищун кIудияб чодул борхалъи букIун буго 2,2 метр ва 1524 кг. 

ШафигIил мазгьабалда чол гьан кваназе бегьула. АбухIанифаца абуна карагьату танзигь бугилан. Имам Маликица хIарамаблъун рикIкIана. Имам АхIмадица хIалалаблъун рикIкIана.

Салабица бицараб хIадисалда буго: «Щибаб рогьалил гIужалъ цониги чу гьечIо: «Я дир Аллагь ﷻ, Дуца дун жиндие мутIигI гьабураб ва дида тIад кверщел кьураб Адамил лъимаде, дун гьабе гьесул буголъиялъул бищун бокьулеблъун», - абун жинца дугIа гьабулареб.

 

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


«ЦIидасан пикру гьабе…»


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...


Цоги аманат

Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби....


«Инсаналъ» кумек гьабулеб буго

Дагъистаналда ккараб тIабигIияб балагьалъул хIасилалда «Инсан» фондалъ гьабулеб кумек буго цIакъго кIвар бугеб. Гьанжеялдего гьез кумек хIажатазе бикьана 20 тонна къайи-цIаялъул ва кванил нигIматазул. Гьединаб кумекин абуни щвана 3000 хъизамалъе. Гьединго «Инсан» фондалъ, къварилъи ккаразе кумек...