Аслияб гьумералде

Ахиралда шагьадатгун

Ахиралда шагьадатгун

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Я, иман лъурал гIадамал, балагье нужецаго метералде хIадур гьабураб гIамалалъухъ. ХIинкъа Аллагьасукьа. ХIакълъунго, Гьесда бихьула нужеца гьабулебщинаб», - ян.

 

Нилъеца гIумруялъулъ гIеме-рисеб мехалда щиб гIамал гьабулеб букIун батаниги, гьеб гIамалалда рукIуна нилъ холеб мехалъги ва гьеб гIамалалдалъун рахъинарула къиямасеб къоялъ тIадеги. Суфяну Савриясул гIадат букIун буго зама-заманалда жиндирго чвантиниса цо гьитIинаб кагъат къватIибе бахъулеб ва гьелда бугеб жоги цIалун, цIидасанго нахъеги лъолеб. Цо нухалъ гьесул гьеб гIодобе бортун буго ва гIадамазда гьелда хъвараб жоги бихьун буго. Гьелда хъван батун буго: «Суфян, дуда Аллагьасда цевечIезе вукIин кIочон тоге», - ян.

Аллагьасда цере нилъ чIезе рукIиналъул тIоцебесеб рагьу ккола хвел. Хвалда аскIор ритIун ккеялда бараб буго нилъер хадусеб абадалъул рукъалъул хIасил. Хвалда аскIор ритIун ккейги щола, битIараб нухда гIумру тIамурасе, батIинги загьирги бацIцIад цIунизе яхI бахъарасе.

Мунагьазда даимлъи, Аллагьас нагью гьабураб гIамал гьабиялда черх куцан хьвади - гьеб буго инсан мекъи ккеялъул бищунго кIудиял сабабал. Гьединго, нилъеца гIумруялда цIакъго кIарчанлъун исламалъул нух тей, Аллагьасул амрабаздаса кьурун руссин ккола хвалда аскIор нилъ талихIкъосун рухI бахъиялде рачунеб нух.

Гьелъие хIужаялъе рачине бегьула батIи-батIияб пишаялъул чагIи хвеялда хурхун ккарал къисаби. КIудияв гIалим Абу МухIаммад ГIабдулхIакъ ибн ГIабдурахIман аль-Ишбилияс абун буго: «РухI бахъиялда аскIоб Аллагьасул ццин бахъун чи хвеялде рачунеб бищун кIудияб нух буго дунялалде гIорхъолъа араб рокьи букIин, ахираталъул пикраби тун хьвадиялда цадахъаб. Гьединго чIахIи-чIахIиял мунагьазда чи даимлъи. Гьел мунагьалги Аллагьасде кIарчанлъун, нич бахъун гьариялда цадахъ. БукIуна цо тайпа мунагьазда чи даимлъараб мехалъ, гьесул ракIги беццлъулеб, лъикIаб рагIиялдаса гIундулги гъугълъулел, лъикIаб бихьиялдаса бералги руссунеб, гьесул гIакълуялдаги пардав бигъунеб. Гьеб хIалалда гьесде тIаде ахираб лахIзатги гIунтIулеб ва Аллагьасул ццин бахъиналда гъоркь гьес дунялги толеб. АскIор ругез шагьадат битIаниги, гьесда гьебги бичIчIулареб, зикру бачаниги гьелъул магIнаги лъалареб. Такрар гьабизеян тIамуни, абунги бажарулареб. Жинца дунял кин тIамун батаниги, гьебго къагIидаялъ гьевги холев», - абун.

Халиф Ан-Насирил заманалда, гьесул божаразул цояв холев вукIанила. Ан-Насирил васас гьесда абулеб букIуна: «Ла илагьа Илла Ллагь», - абун абейилан. Амма холес такрар гьабулеб букIуна: «Ан-Насир дир сайид (хважаин) вуго», - ян. Цинги рухI босилалде цебе гьесда шагьадат битIеян гьаридал, гьес абуна: «ХIакълъунго Ан-Насирида мун лъала дур хвалчадул лебаллъиялъухъ. Гьединлъидал, кьабе! ЧIвай! ЧIвай!» - абун ахIулаго гьесул ахирияб хIухьелги босун ана.

Хадубги ГIабдулхIакъица бицунеб буго: «Дида лъалев чи холелъул, гьесда абуна: «Ла илагьа Илла Ллагь абе», - ян. Данде жавабалъе гьесги абуна: «Цо пуланаб рокъоб пуланаб хIалтIи гьабизе ккола», - ян.

Цоги гIолохъанчиясул рухI бахъулелъул, гьес такрар гьарулел рукIун руго «Манжбалъул хIамамазде кин унел?» - ян.

Гьев гIолохъанчиясулги букIана жиндирго гIумрудул къиса, гьел рагIаби абулаго хвеялъе сабаблъун ккарал. Гьев чиясул минаялъубе лъугьунеб бакIалда лъураб нуцIа релълъараб букIана хIамамалде лъуралда. Цо къоялъ гьенив кIалтIа эхетун вугеб мехалъ, аскIое ячIана кутакалда берцинай гIадан ва цIехана Манжабалъул хIамамалде кин унелилан абун. Гьелъул берцинлъиялда паналъарав гьас абула, Манжбалъул хIамам гьаб бугин, гьенибе нуцIаги гьанисан бугин абун. Гьединги абун гьес гьей гIадан жание ячуна. Жание щведал гьелда бичIчIула гьеб бакI хIамам гуреблъи ва гьес жий гуккун йикIин. Кинниги гьелъ жинда щибго лъачIеб, амма йохараб ххвел гьабула ва гьевгун цадахъ цолъула. Заманалдасан гьелъ абула гьесда, нилъ гьанир жанир гIумру гьабун рукIине ккани, нилъее гьаниб тIаде къайи къваригIунин, гьеб босизе ун лъикIин мунилан. Гьавги гьелъул мурад тIубазе вахъуна ва унелъул нуцIацин рахачIого гьейги рокъой тола.

ТIадвуссун щведал, дой гIадан рокъоса лъутун ун ятула. ГIорхъолъа ун гьей гIаданалъухъ ккараб рокьиялъ гIакълуялдаса арав гьав, шагьаралъул къватIал мерхьунев вукIуна гIемераб заманалъ: «Огь, дида дандчIвалейани Манжабалъул хIамамалде кин унел абун гьикъулей йикIарай», - янги абулаго. Чанго моцI индал, цо къоялъ борхатаб минаялда гъоркьан долго рагIабиги ахIулаго унелъул, тIасахун гьесде данде ахIун бачIуна берцинаб гьаракьалъ: «Щайха дуца гьей нуцIаги рахан течIей?» - абун. Гьелъул гьаракь рагIун хадубги гьесул рокьиги, рокьиялъ гIадал гьабураб ботIролъ гIантлъиги жеги цIикIкIуна. Ва гьеб къагIидаялъ вукIаго, гIемер заман баларо гьев пакъир хвезе. Холагоги такрар гьарула шагьаралъул къватIахъ ахIулел рукIарал дол рагIаби.

Аллагьасул кIудияв вали Суфяну Саври Аллагьасда хIинкъун гIодулев вукIунаан сардил гIужалъ. Мун мунагьаздаса хIинкъунищ гIодулев вугевилан цIехедал, гIодоса ракьги босун, гьебги хъатIикьан чвахизе биччан, гьес абула: «Мунагьал руго гьаб ракь гIадал жал (тавбуялъ чурун унел). Дун хIинкъула квешаб хвалдаса, ай гьебги мунагьаздалъун букIунеблъидал», - абун.

Мунагьазда даимлъи буго хвалда аскIовги инсан гьебго пишаялда хутIизе вукIиналъе сабаб. Жинца Адамил лъимер къосинавичIого теларин гьедараб иблисалъул гьаги тIубазабун, ахирисеб хIухьел биччаялдаса хIинкъизе ккела нилъ. Аллагьас цIунаги. ХIуснул хатиматги кьун Аллагьас рохизарураздасан гьареги. Амин.

 

ПатIимат ХIасанова

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...