Аслияб гьумералде

Хъизан цIуне

Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.

 

Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал риххулел руго ццин бахъиналъ, жагьиллъиялъ. ГIадамаз гIемерал соназ цадахъ гIумруги гьабун, лъималги гIезарун, рукъги бан, батIи-батIиял захIмалъабаздасан цадахъги ун, цинги циндаго ццим бахъун, нахъе нух гьечIел рагIаби абизе бегьула.

Хасго дие бокьилаан кIвар буссинабизе цIар тIамиялъул рагIабазде. Щаялиго гIадамазда гьоркьоб тIибитIараб пикру буго лъиениги ратIалъизе бокьани, лъабго нухалъ тIамизе кколин цIар абун. Гьеб кIудияб гъалатI ккола. РатIалъизе ккани лъабго нухалда тIамизе кколин цIарин абураб жо гьечIо. Гьелъул гIаксалда, гьеб жагьиллъи сабаблъун имамасухъе рачIуна гIадамал щиб гьабизе кколебиланги абун. ЦIехола, лъади нахъе ячине бегьулищин.

Цо чияс абула: «Дида лъалеб букIинчIо», - ян. Цогидав чияс абула: «Дида гьедин абуна гьудулас», - ян. Лъабабилес абула: «ГIагарав чияс дида бичIчIизабуна ратIалъизе гьедин кколин абун». Амма хIакъикъаталдаги гьединаб кIудияб ишалда жаниб кин бегьулеб киназухъго гIенеккизе? Лъай бугел чагIазцин, хIатта имамзабазцин ратIалъиялъул суалалъе жаваб кьезегIан ахIвал-хIал мухIкан гьабула. Нилъеца гьудул-гьалмагълъиялда, вацазда, мадугьаласда, лъалев чиясда гьикъун, гьезул рагIабазда божун, тIолабго хъизамалъул къисмат хвезабулеб хIукму къотIула.

Гьединлъидал, бокьун буго абизе: нужер иш ратIалъиялде ккун батани, цIар тIамизе гIедегIуге. Цин имамасухъе а. Гьесда бичIчIизабе ахIвал-хIал. Биччанте гьев нужехъ гIенеккизе ва гIакълу кьезе. Метерисеб къоялъ, гIодоре риччараб мехалъ, цIар тIамизегIанасеб жого ккун батизе гьечIо.

ТIадегIанав Аллагьас бихьиназда тIад кIудияб жавабчилъи лъун буго. РатIалъиялъул рагIаби, чIужуялъе хIинкъи кьеялъул мурадалда, абизе бегьуларо. Щибаб нухалда дагIба балеб мехалда «дица дуда цIар тIамизе буго» абиги битIараб гьечIо.

Щивасда жаниб букIуна ццим. Амма лъазе ккола кида гьеб загьир гьабизе кколебали. ЦIаялъ рукъ хинлъизабизеги, бухIизеги бегьула. Гьединабго жо ккола нилъер гIамалги.

Рос-лъадул букIуна жиде-жидер жавабчилъи. Хъизаналъул жавабчилъи росасда тIад букIуна, гьес гьеб цIунизеги гьелъул тIалаб-агъаз гьабизеги ккола. Гьединго чIужуялъулги руго хъизамалда жанирги, рокъорги, лъималазе тарбия кьеялъулъги тIадал ишал. Щивас жидерго ихтиярал гурони цIунулел гьечIони ва тIадаб жавабчилъи кIвар кьечIого толеб батани, гьединаб хъизамалда парахалъи букIунаро.

Хасго захIмалъула лъимал гьоркьор ругони. Рос-лъади дагIбадула, хадуб рекъола. Амма лъимералда гьеб кинабго бихьула ва рагIула. Гьесда бихьула эбелалда эмен кIалъалев куц, эбел инсуда кIалъалей куц. Гьев гIуна ахIи-хIуралъ, рокьукълъиялъ сверун ккун. Гьеб кинабго хутIула гьесда жаниб.

Гьединлъидал, хъизамалда ругел къварилъаби гIицIго рос-лъадул иш гуро. Гьеб хъинтIула лъималаздаги. Гьез халкколеб букIуна чIахIиязул гьоркьоблъиялда хадуб, метер жидецагоги хъизам гIуцIула. Эбел-инсул рокъоб бихьараб гьез жидерго рокъобги гьабизе бегьула.

Цогидазе малъа-хъваял гьарулездаги абила: тIолабго ахIвал-хIал лъалеб гьечIони, «ратIалъеян» абуге. РатIалъулелъулги щал рагIаби хIалтIизаризе кколелали малъуге. «Лъабабго цIар тIаме», - ян абуге. Цо мекъаб малъа-хъваялъ хъизам биххизабизе бегьула.

Лъалареб батани, абе: «Дида лъаларо, лъалесухъе а», - ян.

Хъизам хвасар гьабизе ккани, хIалтIи гьабизе ккола, тIоцебесеб иргаялда, нилъедаго тIад. Сабру, ритIухълъи, адаб-хIурмат цIунизе, ццим бахъиндал абулел рагIабазда тIад кверщел гьабизе бажаризе ккола. Сабру гьабидал ццим уна. Жакъа дагIбадула, метер рекъола.

Гьединлъидал, вацалгун яцал, нуже-нужер хъизамазул тIалаб гьабе. Ццим бахъиндал сабру гьабе. Жагьилзабаз гьарулел малъа-хъваязухъ гIенеккуге. РатIалъиялде иш ккани, лъалезухъе а.

 

Рамазан Къебедов, Сергохъала районалъул имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...