Аслияб гьумералде

Сундуего дару

Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар гьавизе рес букIин щакаблъун ккезе рес буго. Амма Аллагьасул гурхIел цIакъ кIудияб буго, Жиндие гIоло ракIбацIцIадго гьабураб гьитIинаб гIамалалъул хIасилалдацин кIудияб кири щвезе бегьула.

 

«РухIул баян» абураб тIехьалда хъван буго Давуд аварагасул къиса. Гьес ТIадегIанав Аллагьасда гьарана Къиямасеб къоялъ гIадамазул гIамал борцунеб цIадираби рихьизареян. Аллагьас, бакъбаккул рахъалдаса бакътIерхьул рахъалде унел цIадирабазул кIодолъи бихьизабидал, Давуд авараг лъавудаса уна. Вигьиндал, гьес гьикъана: «Я дир БетIергьан, гьадигIан кIудиял цIадираби цIезаризе гIураб гIамал лъил букIунеб?» - ян. ТIадегIанав Аллагьас абула: «Я Давуд, дун Дир лагъасдаса разилъани, гьес Дие гIоло кьураб цохIо чамасдакIалдалъун дица гьаб цIезабила», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нуж дунялалъул лъикIлъиялде ва ахираталъул Алжаналде щоларо, бищунго нужее бокьулеб жо Аллагь разилъи тIалаб гьабун лъикIаб нухда напакъаде кьун гурони», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 92)

Бищунго бечедал чагIазул цояв ва Аварагасул ﷺ мажгиталда аскIоб берцинаб чамасдакIалъул ах букIарав ансариязул асхIаб Абу ТIалхIада гьеб аят рагIидал, гьес Аллагьасул Расуласухъеги вачIун, абуна: «Дир магIишаталъул бищун дие хирияблъун ккола гьаб ах, дица гьеб кьолеб буго Аллагьасе гIололъун», - ян. Цинги Аварагас ﷺ гьесде амру гьабуна гьеб ах гIагарлъиялъеги гьудулзабазеги бикьеян. Абу ТIалхIаца гьедин гьабуна, Аллагь разилъиялде ва ахираталъул кириялде хьулги лъун.

Гьединго Аллагьасул Расулас ﷺ бихьизабуна садакъаялъул пайда. Гьесул ﷺ хIадисазулъ рехсаралдасан ккола: унтарав сах гьаве садакъаялдалъун, садакъаялдалъун къварилъабаздаса ва талихIкъосиназдаса мунго цIуне, садакъаялдалъун мурадал тIураялъе дуего кумек гьабе. ГIемерав чияс жиндирго масъалабазул хIалбихьиязе нухал ралагьула гIемерал жалаздалъун, амма хвасарлъиялъул кIул бахчун букIине бегьула Аллагьасе гIоло ракIбацIцIадго кьураб садакъаялда жаниб.

Гьеб тасдикъ гьабулеб буго захIматго унтарав, гьурмада ругънал лъугьарав ХIаким имамасул хабаралъги. Гьесие дугIа гьабун хадуб цо чIужугIаданалда макьилъ Авараг ﷺ вихьана. Аварагас ﷺ гьелда абуна имам ХIакимида абейин халкъалъе лъим чIезабеян. Гьесул рукъалда аскIоб гъуй бухъана ва цIорораб лъим гIадамазе чIобого кьезе байбихьана. Дагьаб заманалдасан Аллагьас гьесие тIубанго сахлъи кьуна.

Цо гIолилав вукIун вуго гьекъолдухъанлъиялде машгъуллъун ва гIемераб заманалъ къеркьолев вукIун вуго гьеб рехун тезе кIоларого. Цо къоялъ, ахирисел кепказде чед босизе, къватIиве вахъун вуго гьев. Нухда бихьун буго цIорон холеб кету. Гьелда ракIги гурхIун, гьес чадил бакIалда рахьги босун, катие кьун буго. Гьелдаса хадуб Аллагьас тIубанго хисизабун буго гьесул ракI. Гьекъолеб жо гьесда рихуна, цебе букIараб гIумруги тун, мажгиталде хьвадизе лъугьуна.

Гьеб къисаялъ нилъеда бихьизабулеб буго ТIадегIанав Аллагьасе гIоло ракIбацIцIадго гьабураб бищунго гьитIинаб лъикIлъиялъул гIамалалъцин инсанасул гIумру тIубанго хисизабизе рес бугеблъи. Гьединлъидал, бусурбанчияс гьитIинабго садакъацин кIвар кьечIого тезе бегьуларо. ЛъикIал ишазда даимлъиялъулъ кIудияб къуват букIуна.

 

Ризван Габибов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...