Аслияб гьумералде

Кутакалда кIвар гьабизе кколеб...

Кутакалда кIвар гьабизе кколеб...

Кутакалда кIвар гьабизе кколеб...

Нилъеца шукру гьабизе ккола нилъ Аллагьасе какал ралеллъун ратиялдаса.

 

ГIалимзабазул цояс абун буго: «Нужеда лъай, Аллагь нужеда гурхIаял! Паризаял каказда тIадчIей гьабурав чи ТIадегIанав Аллагьас кIодо гьавула щуго жоялдалъун. ТIадчIей гьаби ккола, камичIого бай, гIужда бай, битIун бай, хIузуралда бай, хушугIалда бай. Гьедин шартIалгун рукнабиги цIунун как барав чи Аллагьас щуго жоялдалъун кIодо гьавула. Гьелги ккола:

  1. Дунялалъул къварилъи тIаса борхи.
  2. Ахираталъул къварилъи тIаса борхи.

МагIишаталда баракат лъолеб гьечIин рукIуна зигардулел. Гьелдаго цадахъ какал ралелги ратуларо. МагIишат кьолевги, данде билълъинавулевги Аллагьги вукIун, Гьесие лагълъи гьабичIого данде жо билълъин кин букIинеб?

  1. Къиямасеб къоялъ тIаде рахъинаридал гIамалал хъварал кагътал кваранаб рахъалдасан кьей.
  2. СиратIалдасан пирхараб пири гIадин хехги вахин.
  3. ХIисаб-суал гьечIого Алжаналъуве лъугьинави.

Хадубги, къол щуябго как жамагIаталда бай буго кутакалда кIвар бугеб суннатаб гIибадат. Цо-цо гIалимзабаз абула гьеб тIадаб фарзул кифаят бугиланцин. Имам АхIмад бин ХIанбалица абун буго гьеб как къабуллъиялъе шартI бугилан. Гьес гьеб босун буго хирияв ХIабибасул ﷺ хIадисалдаса: «Мажгиталъул мадугьаласул как мажгиталда бараб гурого гьечIо», - ян абураб. 

Гьединго росдал исламияб гIаламат буго жамагIатгун как бай. АсхIабзабазул кIваралъул бицунаго хъван батула: «Гьезул цонигиясул жамагIат-как хутIани, зигара базе унаан», - илан.

Имам Гъазалияс «ИхIяалда» хъван буго, Абу Сулайманица абунин: «Цониги чиясул какалъулъ жамагIат щвечIого хутIиларо гьесда тIад мунагь букIун гурого», - абун.

ЖамагIатгун как балелъул цIунизе кколеб анкьго шартIги буго.

ТIоцебесеб, вахъун яги гIодов чIаралъув имамасдаса маъмум цеве ккунгутIи. Кьерал гьарун чIолелъул бищун хирияб бакI ккола битIун имамасда нахъа бакI, хадуб - кваранаб, цинги - квегIаб рахъ. Цебесеб кьер цIечIого нахъиябги байбихьиларо. Нахъе чи цIазе кколев вугони, тIаде вачIарас как бухьинчIого нахъе цIазе карагьатаб буго, хIарамаб бугин абулел гIалимзабиги руго. Цин кьердаги чIун как бухьина, хадуб дов нахъе вачIине ишара гьабила.

КIиабилеб, маъмумасда имамасул ворхи-къули лъай. Яги жинда бихьулев, рагIулев вихьун, рагIун.

Лъабабилеб, имамгун цадахъ как балев чи цо бакIалда данделъи. Мажгит букIа, рукъ букIа, авлахъ букIа. Амма мажгит гурелъуб лъабнусго натIалдаса халатаб жамагIат бегьуларо.

Ункъабилеб, жамагIаталъул ният гьаби. ЖамагIатгун как балев чиясе гьеб щвезе ккани, гьесда тIадаб буго жамагIатгун яги имамасда хадуб абун ният гьабизе. Рузманалъе имамасдаги тIадаб буго жамагIатгун яги имамлъун абун ният гьабизе.

Будунас къамат гьабизе байбихьидал, къамат гьабизе заман гIагарлъидал суннатаб как базе карагьатаб буго. ХIадисалда буо: «Къамат гьабизе байбихьидал паризаяб как бухьине гурого ихтияр гьечIо», - ян. Суннатал какал разе лъугьани, жамагIаталде кватIун щола ва хиралъиги борчIун ккола. Цоги хIадисалда буго: «Щив чи вугониги, кIикъого къоялъ жамагIатгун как барав, живги имамасул «Аллагьу Акбаралда» хадув гIунтIун, гьев чиясе кIиго цIуни хъвала: жужахIалдаса ва мунапикълъиялдаса цIуни», - ян.

Щуабилеб, имамасулги маъмумасулги каказул рихьулел загьирал афгIалазул назму (гIуцIи) данде кколеб букIин. Масала, имамас балеб буго гIужил къаде как, маъмумас жаназадул как. Гьеб данде кколаро. Щайгурелъул жаназадул какалда рукугI-суждагицин букIунаро.

Анлъабилеб, маъмумас жиндирго афгIалазулъ имамасул афгIалазулгун релъенлъи гьаби. Гьес гьабулеб гьабун, гьес тараб тун. Мисалалъе, имам как балеб мехалда «Магьдина» цIализе лъугьани, маъмумги цадахъ чIела. Имам араб рукнуялде гьесдаго хадув ина.

Анкьабилеб, маъмум имамасда нахъвилълъин. Маъмумасул гьабулеб пиша имамасул пишаялда хадуб букIин, имамасул - гьесдаса цебе букIин. Маъмум цо рукнуялъ цевеги бегьуларо, кIиго кIудияб рукнуялъ нахъа хутIизеги бегьуларо.

 

МухIаммад НурмухIаммадов, ГIахьалчIи росдал имам

 

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Балагьаздалъун хIалбихьи

ХIурматиял бусурбаби, гьаб гIагараб заманалда нилъер Дагъистаналъул бакI-бакIазде бачIана ракIалдаго букIинчIеб къварилъи. Гьелъие сабабалъунги ккана бараб чваххунцIад. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъалаялда, Хасавюрт районалъул росабалъ ва цогидал бакIазда лъим рукъзабахъе...


Дин ккола насихIат

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


«Инсаналъ» кумек гьабулеб буго

Дагъистаналда ккараб тIабигIияб балагьалъул хIасилалда «Инсан» фондалъ гьабулеб кумек буго цIакъго кIвар бугеб. Гьанжеялдего гьез кумек хIажатазе бикьана 20 тонна къайи-цIаялъул ва кванил нигIматазул. Гьединаб кумекин абуни щвана 3000 хъизамалъе. Гьединго «Инсан» фондалъ, къварилъи ккаразе кумек...


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...