Аслияб гьумералде

Хассаб кIвар кьезе ккола

Хассаб кIвар кьезе ккола

Жакъа дие бокьун буго ракIалде щвезабизе ТIадегIанав Аллагьас щивав бусурбанчиясда къойил щуго нухалъ базе тIадкъараб паризаяб какалъул кIваралъул бицине. Квеш ккараб жо, исламалъул аслиял хIубалазул цояб букIаниги гIемерисез как тIаса-маса тун батула.

 

ТIоцебесеб хIуби буго шагьадат. Шагьада цIалун, бусурбанчилъун лъугьун хадуб, бачIинахъего гьезда тIадаб букIуна къойил щуго как базе. Как тIадаб жо ккола щибав гIакъилав ва балугълъиялда вахарав бусурбанчиясда.

ТIадегIанав Аллагьас цогидал киналго диниял тIадкъаял Аварагасде ﷺ ЖабрагIилидалъун рещтIана, амма как бай Гьес ﷻ битIахъего амру гьабуна. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ МухIамад авараг ﷺ тIадегIан ва кIодо гьавуна битIахъего щуго как базе амруги гьабун. Гьелъ якъинго бихьулеб буго какил бугеб хасаб кIвар. Аллагьасда ﷻ кIолаан гьеб амруги малаикасдалъун щвезабизе, амма тIолабго умматалъ гьелъул бугеб кIваралда тIадчIей гьабизелъун битIахъего Жинцаго ﷻ амру гьабуна.

Байбихьуда ТIадегIанав Аллагьас Аварагасул ﷺ умматалда тIадаблъун гьабуна къойил кIикъоялда анцIго как базе. Цинги Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун ва Аварагасул ﷺ шафагIаталдалъун каказул къадар щугоялде рещтIинабуна. Амма кIикъоялда анцIго какил кири гьадабго хутIана. Гьеб ккола Аллагьас гьаб хасаб умматалъе кьураб кIудияб рахIмат.

Как буго диналъул ва бусурманчиясул гIумруялъул кьучI. Инсанас рукъ балеб мехалъ, тIоцебе кьучI лъола. КьучI щулаго батани, рукъ щулаго чIола. КьучI загIипаб батани, рукъ бихун бачIуна. Как гьеб кьучI гIадаб жо ккола. Инсанас щибаб как жиндир заманалда бани, гьесул иманалъул кьучI щулияб букIуна. Какал риччани яги ургъел гьечIого тани кьучI загIиплъула.

Какалъ инсан вацIцIад гьавула, гьесул дин щула гьабула. Хун хадуб инсанасда хабалъ тIоцебе гьикъулеб жо как буго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан чIаго вукIагоги ва хун хадусалаги какил бугеб кIваралъул бицана нилъеда.

Цо-цо мехалъ рагIула гIадамаз абулеб: «Дица как баларо, амма дир бацIцIадаб рухI буго», - ян. Гьеб ккола живго гукки. Инсанасул рухIалъул берцинлъи борцула Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал гьес тIубаялдалъун. Аллагьас амру гьабураб жо инсанас тIубазабичIони, кин гьесул нафс бацIцIадаб букIинеб? Гьел рукIине бегьула лъикIал, сахаватал, гьоркьорлъабазда лъикIал, амма Аллагьасда ﷻ цебе тIоцебесеб цIех-рех гьабулеб жо как буго. Какил иш инсанасул жагъалго батани цIех-рех цебехунцин унаро.

Инсанас гьарулел бищунго лъикIал гIамалаздасан ккола гIужда бараб как. Гьелдаса хадуб гурони цогидал киналго лъикIал гIамалал рачIунаро. КигIан лъикIав чи вугониги, бищунго аслияб жо ккола жиндир заманалда как бай.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьварун лъазабулеб буго какда кIвар кьечIого тарал чагIазда букIине бугеб тамихIалъул. Муъминчияс хасаб кIвар кьезе ккола жиндирго ва рокъор ругел хъизан-лъималазул какалде. Гьелъие жавабчилъи щивасда тIад буго.

Аллагьасул Расулас ﷺ щуго какил мисал бачана, чиясул рукъалда цебе чвахулеб гIоралда данде ккун. Къойил щуго нухалъ гьеб гIурулъ чи чвердани, гьесда тIад чороклъи хутIуларо. Гьединго какалъ инсанги мунагьаздаса вацIцIад гьавула тIубараб къоялъ.

Инсанас гIуждасеб как биччан тани, хутIараб гIумру гьеб бецIулаго тIамуниги, гьесие тIокIаб щоларо жиндир заманалда как баралъухъ щолеб кири. ГьедигIан кIвар бугеб жо ккола жиндир заманалда бараб как.

Бицунеб буго Зайнул ГIабидинил какие чуризе байбихьараб мехалъ кьер тIолаан цинги какде вахъараб мехалъ гьесул черх сородулаан. Щиб дуе кколеб бугебилан гьикъидал, гьес жаваб кьолаан: «Дуда лъаларищ гьанже дун лъида цеве чIун вугевали?» Какилъ лъида цеве чIун вугевали лъаялъ какалдехун адаб бижизабула.

Гьединго ГIумар асхIабасул васасдасан бицунеб буго цо къоялъ ГIумар жиндирго ахикьа тIадвуссун вачIиндал, гьесда бихьана асхIабзабаз цебеккунго жамагIаталъулаб къаде как бан букIин. Цо жамагIаталъулаб как тейдал жиндирго тIолабго ах Аллагьасе ﷻ гIололъун мискин-факъирзабазе кьуна. ГIицIго жамагIаталъул как тей гьес кIудияб камилъун рикIкIана.

Цересел ритIухъал чагIаз гьединаб кIвар кьолаан какие. Нилъеца пикру гьабизе ккола жакъа какде нилъ кин рачIунелали. ТIадегIанав Аллагьас нилъги гьареги какалдехун цIодорго рукIунездасан.

 

ГIиса Салимсултанов, МахIачхъалаялда аслияб мажгиталъул имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...