Аслияб гьумералде

РакI - инсанасул рагъул майдан

РакI - инсанасул рагъул майдан

РакI - инсанасул рагъул майдан

Исламалда тарбия кьеялъул бищунго кIвар бугел масъалабазул цояб ккола рекIел ургъел гьаби. РакIалъ чIезабула Аллагьасда цебе лагъасул хIакъикъияб хIал, гьесул къасдал, ракIбацIцIалъи, цогидаздехун ва жидерго БетIергьанасдехун бугеб бербалагьи. Инсанасул къватIисел ишал ккола гIицIго жаниб бугеб жоялъул матIу.

 

Имам Абу ХIамид ал-Гъазалияс жиндирго асаразулъ хасаб кIвар кьуна ракI бацIцIад гьабиялде. Гьес мухIканго баян гьабуна инсанасул щибаб лага-черхалъул - беразул, гIундузул, мацIалъул, кверазул ва хIатIазул, гьел битIун хIалтIизариялъухъ инсанасе букIине бугеб кириги ва гьел мекъи хIалтIизариялъухъ букIине бегьулеб тамихIгун гIазабги. Гьесул тIахьазда ракIалъ хасаб бакI ккола, щайгурелъул, гьелъул хIалалъ чIезабула тIолабго инсанасул хIал.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ чанцIулго Къуръаналда ракIалде щвезабулеб буго Жинда гIадамазул рекIелъ бахчарабщинаб лъалеблъи. Аллагьасда ﷻ лъала нилъер къасдал, пикраби, хIалбихьиял, рекIел хIал. Гьеб бичIчIиялъ муъминзаби ахIула жахIдаялдаса, чIухIиялдаса, квешлъиялдаса ва цогидал рухIиял унтабаздаса ракIал рацIцIад гьариялде.

ГIалимзабаз бицуна «муракъаба» абураб хIалалъул бугеб кIваралъул. Гьебги ккола Аллагьас ﷻ инсанасда хадуб халкколеб букIин кидаго бичIчIи. Лагъасда ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ кверщел букIин лъараб мехалъ, гьесие бигьалъула мунагьал тезе, жиндирго пикрабазда ва ишазда тIад кверщел гьабизе. Инсанас байбихьула жиндирго къватIисеб сипат-сураталъул гуребги, жанисеб хIалалъулги ургъел гьабизе.

Аллагь ﷻ разилъаяв ГIабдуллагь ибн ГIумарида дандчIварав вехьасул хIалбихьиялъул машгьураб къисаялда буго, хважаинасул чахъуги бичун, гьеб бацIалъ кванан бугин бетIергьанасда абеян абидал, вехьас жаваб кьураб Аллагьасда ﷻ кинабго бихьула абун. Гьеб жавабалъ асар гьабурав ибн ГIумарица гьев вехь вичунги восун, эркен гьавуна.

Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ тIадчIей гьабуна ракIалъул бугеб хасаб кIваралда. Гьес ﷺ абуна: «ХIакъикъаталдаги, чорхолъ буго гьанал кесек. Гьеб сахаб батани, тIолабго черхги сахаб букIуна. Гьеб хвезабун батани, тIолабго черхги хвезабулеб букIуна. ХIакъикъаталдаги, гьеб ккола ракI», - абун. Гьаб хIадисалъ якъинго бихьизабулеб буго ракI битIизаби инсанасул тIолабго гIумру битIиялъе кьучI букIин.

ХIасадалдаса ракI бацIцIалъидал инсанас цогидазул рахъалъ квешаб рагIи абуларо. ЧIухIиялдаса эркенлъараб мехалда инсанасда жиндирго гIунгутIаби рихьизе руго чияр гъалатIал ралагьизегIан. БацIцIадаб ракIалъ инсан лъикIал гIамалазде тIамула ва гьев мунагьаздаса цIунула.

Имам Гъазалияс абуна ракI кколин Аллагьасул ﷻ бищунго хириял сайгъатал ругеб бакI: гIакълу, иман, гIаламазул БетIергьан лъай. Амма ракI лъугьуна илбисалъул аслияб жолъун, гьелда жаниб щаклъи, гьаваял ва квешал пикраби рекьизе хIаракат бахъулаго. Гьединлъидал муъминчияс гьоркьоса къотIичIого ракI цIунизе ккола Аллагь ﷻ ракIалде щвеялдалъун, Къуръан цIалиялдалъун, Гьесул ﷻ гIаламатазул пикру гьабиялдалъун, ракIбацIцIадго гьабулеб гIибадаталдалъун.

Пикраби гьоркьоса къотIичIого рачIуна инсанасухъе, цIадул тIираби гIадин. Гьезул цоял лъикIал ва пайдаял руго, цогидал хIинкъи бугел руго. ГIалимзабаз насихIат гьабуна ракI халкквечIого тезе бегьуларин, гьеб зикруялдалъун ва лъикIал пикрабаздалъун цIезабизе кколин, щайгурелъул, гьелъ кумек гьабулин илбисалъул хIалбихьиязда данде чIезе.

Къуръаналъул тафсиразда рехсараб Балам ибн Бавраясул къисаялъ ракIалде щвезабула гIелму бугев чицин битIараб нухдаса ватIалъизе бегьулевлъи, гьес жиндирго ракI дунялалъул берцинлъабазде машгъуллъизе биччани.

Гьединлъидал цересел ритIухъал чагIаз гьоркьоса къотIичIого Аллагьасда ﷻ гьарулеб букIана жидер ракIал хIакъикъаталда щула гьареян. Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ гIемер гьарулаан: «Я, ракIал руссинарулев, дир ракI Дурго диналда чIезабе», - ян.

Жакъа, гIадамал гIемерал хIалбихьиязе ва махсара-хочIазе дандчIвараб мехалъ, хасго кIвар бугеблъун лъугьуна рекIел ургъел гьаби. Муъминчияс ракIалда чIезабизе ккола унго-унгояб берцинлъи гIицIго сипат-сураталда ва ишазда бараб гуреб, бищун цебе рекIел бацIцIалъиялда бараб букIин. Инсанас Аллагь ﷻ разилъиялъе гIоло жиндирго жанисеб хIал лъикIлъизабизе хIаракат бахъани, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесул сипатги гIамалги берцин гьабула.

Аллагьас ﷻ нилъер ракIал рацIцIадаллъун ва хIакъаб нухда чIараллъун гьареги.

 

МухIаммад Мансуров, ЦIияб Хушет росдал имам

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...