Аслияб гьумералде

Щугоялдаса щуго...

Щугоялдаса щуго...

Щугоялдаса щуго...

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал хIакъаб рахъалде хIалтIизарулел ругони ва гьезухъ щукруги гьабулеб бугони, ТIадегIанас жеги тIадеги хиралъаби кьола. Амма нилъер дунялалъеги ахираталъеги пайда щолеб хIалалъ щукру гьабизе гIемерисеб нухалда нилъеда лъалеб батуларо. Аллагьас ﷻ кьурал нигIматазухъ букIине кколеб хIалалда щукру гьабулеб гьечIони, ТIадегIанас гьеб нахъе босула.

 

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Дица кьурал нигIматазе нужеца щукру гьабуни, Дица гьел нужее жеги цIикIкIинаризе руго. Амма нужеца Дир нигIматазде инкар ккуни, нужеда гьел кIочани, ва гьезде щукруги гьабичIони, нужее Дица гьабулеб гIазаб цIакъ къвакIараб букIине буго», - ян (сурату «Ибрагьим», аят 7).

Ибну ГIабасидасан бицунеб буго Аварагасул ﷺ хIадис: «Нужеца щуго жоялдаса пайда босе, цогидаб щуго тIаде бачIинегIан: чIаголъиялдаса - хвел тIаде бачIинегIан, сахлъиялдаса - унти тIаде бачIиналде, парахалъиялдаса – машгъуллъи тIаде бачIиналде, гIолохъанлъиялдаса – херлъи тIаде бачIиналде, бечелъиялдаса – мискинлъи бачIиналде», - ян.

Гьаб щуябго жоялдаса битIун пайда босизе нилъеда лъани, дунял-ахираталда хвасарлъи щола.

Дунялалъул рукъ буго ахираталъе хIадурлъи гьабулеб бакI. ЛъикIаб гьабурасда ахираталдаги лъикIаб батула ва квешаб гьабурасда квешлъи дандчIвала.

 

 

 

 

Унти тIаде бачIун гурони сахлъиялъе букIинеб кколеб щукру гьабизе нилъеда лъаларо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсанасе гIемерал нигIматал кьун руго: бихьизе берал, рагIизе гIундул, кIалъазе кIал ва хутIаралги лугбал. Гьел нигIматазухъ щукру гьабун рагIалде бахъунаро. Гьел лугбузухъ щукру гьабиги ккола, Аллагьас ﷻ сундуе гьел рижун ратаниги, гьелъие гьел хIалтIизари.

Машгъуллъи тIаде бачIиналде парахалъиялдаса пайда босизе лъангутIи ккола ахирзаманалъул унти. Парахатаб заман гIемер бугониги, гъибат-бугьтаналде, телефоназде руссун, чIалгIаде заман тIамун батула.

 

 

 

 

Херлъи тIаде бачIиналде гIолохъанлъиялдаса пайда босунгутIиги ккола, хадуб ракI бухIулеб жо. ГIолохъанлъиялъул мисал буго ччугIил мисалалда. Кодоб кквезе гьеб кIоларебго гIадин борчIун ун батула гIолохъанаб заманги. Ригьалде рахиндал бичIчIула кин гьеб заман арабали. Гьединлъидал, Аллагьасулги ﷻ Аварагасулги ﷺ нухги ккун, берцинго гьеб тIамизе жигар бахъизе ккола.

Нилъеца пайда босизе ккола мискинлъи тIаде бачIиналде нилъерго бугеб буголъиялдаса. Пайда босизе ккани миллионералги миллиардералги нилъ рукIине кколаро. Бугеб ресалда рекъон гьабизе ккола пайда ва кумек. Кинаб бугониги дунялалъул иш гьоркьобккун садакъа-хайрат метералде тIами ккола шайтIаналъ нилъ гуккулеб нух. ЗахIмалъиялда вукIун хвезабураб гъурущ садакъаде кьей цIикIкIун кири щолеб буго, рес букIун кьураб аза-азар гъурщидасаги.

 

 

Салман Ибрагьиханов, ГIортIаколо росдал имам, Болъихъ район

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...