Аслияб гьумералде

Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.

 

АсхIабзабазда гьоркьоса бищунго машгьурал шагIирзабазул цояв вукIана ХIасан ибн Сабит. Ислам бачIиналдего гьесул машгьурлъи букIана жиндирго пасихIлъиялъул рахъалъ, ислам къабул гьабун хадуб гьес жиндирго шигIрияб гьунар кьуна Аллагьасул Авараг ﷺ ва бусурбаби цIуниялъе.

Доб заманалда поэзиялъул цIакъ кIудияб асар букIана жамгIияталъе. Жакъа гIадамазул пикраби гIемерисеб мехалда гIуцIула социалиял гьиназдасан, амма доб мехалда къуватаб шигIруялъ инсанасул машгьурлъи борхизабизе бегьулаан яги гьелъул гIаксалда, гьесул цIаралъе кIудияб зарал гьабулаан. Гьединлъидал мажусияз Аллагьасул Расуласде ﷺ жидерго шигIруялдалъун тIадекIанцIи гьабидал, ХIасаница жаваб кьуна гьесул ﷺ къадру цIунун.

Аварагасги тасдикъ гьабуна гьеб. Бицунеб буго гьес ХIасанида абунин: «Дие жавабчилъи тIаде босе. Я Аллагь, гьесие квербакъе Илагьияб РухIалдалъун (ЖабрагIил малаикасдалъун)».

Гьелде тIадеги, ХIасание хасаб борхалъи гIуцIун букIана Аллагьасул Аварагасул ﷺ мажгиталда, гьенисан гьес Аварагасда ﷺ шигIрабаздалъун тIадекIанцIи гьабуразе шигIрабаздалъун жаваб гьабулаан. Гьелъ бихьизабула Аварагасул ﷺ къадру цIуниялъул кIвар. ХIасанида хурхинарулел машгьурал шигIрабазда гьоркьор руго Авараг ﷺ загьирлъиялъул хIакъалъулъ цо-цо берцинал мухъал:

«Дудаса берцинав чи дир беразда киданиги вихьичIо, ва руччабаца киданиги гьавичIо дудаса берцинав инсан.

Щибаб гIунгутIиялдаса мун эркен гьавуна, мун дуего бокьараб сипаталда вижарав гIадин».

Гьел рагIабаздалъун бихьулеб буго Аллагьасул Расул ﷺ жидерго беразда вихьараб мехалъ бусурбабазул рекIелъ букIараб рокьи ва хIайранлъи.

Цоги машгьурав гIарабазул шагIир ккола КагIб ибн Зугьайр. Байбихьуда КагIб исламалда ва Аллагьасул Аварагасда ﷺ дандечIун вукIана. Амма хадубккун тавбуги гьабун, хIукму гьабуна Аварагасухъе ﷺ вачIине. Мадинаялде щвана ва гьесда цеве вачIана, байбихьуда жиндирго цIарги загьир гьабичIого.

КагIбица Аллагьасул Расуласда гьикъана, мун тIаса лъугьинарищ КагIб ибн Зугьайридаса, тавбуги гьабун, исламги къабул гьабун гьев вачIаниян. Хьул бугеб жаваб щведал гьев мукIурлъана жив КагIб ибн Зугьайр вугин абун.

Гьелдаса хадуб КагIбица цIалана жиндирго машгьураб къасида «Банат СугIад» абураб, гьеб лъугьана гIараб поэзиялъул бищунго машгьурал асаразул цояблъун.

Гьелда жаниб буго гьадинаб каламги: «ХIакълъунго Аллагьасул Авараг вуго жиндалъун гвангъулеб нурлъун ва Аллагьасул борхараб хвалченлъун».

Гьеб къасида бухьараб буго киназдаго лъалеб хабаралда. Гьебги Аварагас ﷺ КагIбие жиндирго гужгат кьеялъул хIакъалъулъ. Гьединлъидал, хадуб гьеб асаралда цIар лъуна «Къасидат ал-Бурда» - «Гужгаталъул Къасида» абун.

Муъминчиясе Аварагасдехун ﷺ рокьи загьир гьаби берцинал рагIаби гуро кколеб. Гьеб загьирлъула, тIоцебесеб иргаялда, гьесул суннат кквеялдалъун, гьесул гIумруялъул цIех-рех гьабиялдалъун, гьесул къадру цIуниялдалъун, гьесул суннат тIибитIизабиялдалъун, гьев вокьизе лъималазе тарбия кьеялдалъун.

Жакъа нилъер лъималазе щибаб къойил бицуна машгьурал гIадамазул, блогеразул, спортсменазул ва цогидазул хIакъалъулъ. Гьезда лъала гьезул биографиял, гIадатал, гIумруялъул бищунго гьитIинал жалцин. Гьединлъидал бусурбабазул рокъоб хасго кIвар бугеб жо ккола лъималазда МухIаммад авараг ﷺ щив вукIаравали, кинаб гIамал-хасият гьесул букIарабали, гIадамаздехун гьес кинаб бербалагьи гьабулеб букIарабали, гьес гурхIел-рахIму, сабру, сахаватлъи кин бихьизабурабали лъай.

Бусурбабаз сирра цIалулаго, Аварагасул ﷺ гIумру ракIалде щвезабулаго, салават битIулаго яги гьесул лъикIлъабазул хIакъалъулъ байтал цIалулаго, мурад букIине ккола гьесдехун рокьи щула гьаби ва гьесда нахърилълъине гъира щула гьаби.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Дуца муъминзабазда абе, МухIаммад ﷺ: «Нужее Аллагь ﷻ вокьун ватани ва нужер иманалъулъ ритIухъалги ратани, нуж Дида нахърилълъа ва Дир суннат ккве, цинги нуж Аллагьасеги рокьизе руго ва гьес нужер мунагьалги чуризе руго». (Сура «Алу-ГIимран», аят 31)

Гьединлъидал унго-унгояб Аллагьасул Расуласдехун ﷺ бугеб рокьиялъ кIиго жо цолъизабула: рекIел рокьи ва гьесул нухдасан ин.

Гьеб нилъеца хадусеб гIелалда малъизе ккола. Биччанте нилъер лъималазда Аллагьасул Расул ﷺ лъазе интернеталдасан гуреб, тIоцебесеб иргаялда, эбел-инсудасан, мугIалимзабаздасан, насихIатчагIаздасан.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер ракIал цIезареги Жиндирго Аварагасдехун ﷺ ракIбацIцIадаб рокьиялъ, кумек гьабеги гьесул суннаталда нахърилълъине, салават гIемер битIизе ва лъимал гьев вокьизе куцазе.

Я Аллагь, свалат-салам лъеги нилъер МухIаммад аварагасда ﷺ, гьесул агьлуялда ва киналго асхIабзабазда.

 

ГIабдуллагь-хIажи Хидирбеков, муфтиясул кумекчи ва Каспийск шагьаралъул имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...