Аслияб гьумералде

ГьитIичал рухуге

ГьитIичал рухуге

Нилъеца гӀемер такрар гьабула лъимерлъиялда бихьараб ва гьеб битӀараблъунги рикӀкӀуна. Амма дараби хӀалтӀизаризе бегьулеб ригь букӀунебго гӀадин, эбел-инсул тарбия кьеялъулги рукӀуна жиндирго бутIаби. Исламалъ нилъеда малъула щибаб гӀасруялъ жиндирго бербалагьи тӀалаб гьабулеб букӀин.

 

МухӀаммад аварагас ﷺ абун буго анкьго сон баралдаса лъималазда тарбия малъизе байбихьизе кколилан. Анкьго сон базегIан гьел жеги хӀадур рукIунаро ракӀбацӀцӀадго цӀализе, гьебги гӀадатияб иш ккола. Анкьго сон баралдаса лъимералда малъизе, бичӀчӀизабизе, нух бихьизабизе ккола, амма бичӀчӀуларел жалазухъ тамихӀ гьабизе бегьуларо. Гьебго хӀадисалда буго анцӀго сон баралдаса нахъе гурони тамихӀ гьабизе бегьуларин абунги. Гьеб ккола лъимералда щай тамихӀ гьабулеб бугебали бичӀчӀулеб ригь. Гьединаб тамихӀалъ психикаялъе зарал гьабуларо ва битӀараб хьвада-чӀвадиялъе кумек гьабула.

Лъимералда диниял тӀадкъаял малъилалде, кӀвар бугеб жо ккола Аварагасул ﷺ гIумруялъул бицин. Лъимералъ чIахIияздаса мисал босула. Авараг ﷻ гьезие мисаллъун вугони, цогидал киналго гьесда дандекквезе руго. Гьесда лъазе буго Авараг ﷺ кин кваналев, кӀалъалев вукIаравали, гӀадамаздехун кинаб бербалагьи букӀарабали.

ГӀолохъанлъи ккола захӀматаб заман. Гьеб ккола лъималазда жалго чӀахӀиял гӀадин рихьизе байбихьараб мех. Лъимерлъиялда эбел-инсуца тарбия кьеялъулъ гӀахьаллъи гьабичӀолъиялъ гьез гӀолохъанаб мехалда байбихьула цӀакъго кӀудияб тӀадецуй гьабизе. Амма гьеб кватӀун гьабиялъ ццим бахъинабизе бегьула ва гьоркьорлъабазе зарал ккезе рес буго. Исламалъул тарихалда жаниб гӀемер руго 15-17 сон барал гӀолохъабазул мисалал, гьел рукӀана цебеккунго камиллъарал ва жавабчилъи бугел, амма жакъа гӀемерисел гӀолохъабазде кӀвар кьолеб гьечIо.

Анасил мисалалъ бихьизабула Аварагасул ﷺ лъималаздехун букIараб бербалагьи. Аварагас ﷺ гьесда божилъи гьабулаан тIадкъаял гьарун, гьесул адабги гьабулаан, хӀатта квегӀаб рахъалда гӀодор чӀарал чӀахӀиязе лъим кьезе бокьидал, гьесдаса изнуги гьарулаан. Анасица абуна: «Дица изну кьоларо», - ян. Цинги Аварагас ﷺ лъим тӀоцебе гьесие кьуна. Гьелъ буго лъимадул адаб-хӀурмат гьаби. Гьединаб бербалагьиялъ лъимер ракӀчӀараблъун ва камилаблъун гIола.

Аварагас ﷺ кидаго тIоцебе жинцаго лъималазе салам кьолаан. Гьес бихьизабуна гьел кӀвар бугел рукӀин. Лъимал гӀола чӀахӀиязухъ балагьун. КIудияв чияс парахатго ва хӀеренго къабул гьабулеб батани, лъимералда хӀинкъи гьечӀолъи лъала. Амма кIудияв чи ахӀдолев ялъуни хӀинкъаби кьолев вугони, лъимер хIинкъараблъун лъугьуна.

Цо къоялъ жиндирго яс ФатIиматил васгун Авараг ﷺ хIалаго, лъачIого гьесул ﷺ ретIел чорок гьабуна. Цо асхӀабасе бокьун букӀана лъимер нахъе бачине, амма Аварагас ﷺ абуна: «Живго те, хӀинкъизавуге», - ян.

Щуго-анлъго сон базегӀан лъимер гӀицӀго дунялалъул цӀех-рех гьабулеб букӀуна. Гьеб ккола цебетӀеялъул гӀадатияб нух.

Имам Гъазалияс хъвалеб буго щуго-анлъго соналде бахараб лъимадулъ нич ва цIодорлъи лъугьунин. Гьеб ригьалдаса нахъе байбихьизе бегьула тарбия кьезе байбихьизе. Амма гьеб ригьалде бахиналде лъимадуе къваригӀуна дунял лъазабизе бакӀ.

Лъимералъул хьвади ва хӀаракатчилъи ккола лъикӀаб цебетӀеялъул гӀаламатлъун. Гьеб чӀезабизе кколаро.

Жакъа гӀемерисел эбел-инсул ва тӀолабго жамгӀияталъ Аварагасул ﷺ тарбиялде дагьаб гурони кӀвар гьечӀолъи бихьулеб буго. Цо-цо мехалда чӀахӀиял гӀадамал гӀажаиблъула гьес лъималазда убач гьабулеб букӀанин рагIидал. ГӀумар-асхIабас цо чи хӀалтӀудаса нахъе рехун вуго гӀицӀго лъималазда хъачӀав вукӀиналъ. Гьес абуна: «Лъималаздехун хӀеренго вукӀине кӀоларев чиясда гӀадамазулгун букӀине кколеб гьоркьоблъи гьабизе кIоларо», - ян.

Гьел киналго мисалаз нилъеда малъула тарбия кьеялъул иш гъваридаб гӀелму букӀин. Щивав бусурбанчияс цӀех-рех гьабизе ккола Аварагасул ﷺ лъималазулгун букӀараб бербалагьиялъул ва хӀаракат бахъизе ккола гьесул къагӀидаби жидерго хъизамазда хӀалтӀизаризе.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Даниял Умалатов, МахIачхъалаялда имамзабазул советалъул председатель

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...