Аслияб гьумералде

ТIекьадерил гIалимзаби

ТIекьадерил гIалимзаби

Ассаламу гIалайкум, тIелкьадерил жамагIат,

Къадруял умумузул иман бугел наслаби,

БахIарчиял умумуз ракIазулъ чаран лъурал,

Камилал гIалимзабаз гIумрудул дарсал кьурал.

Ассаламу гIалайкум, тIелкьадерил хабалал,

Баракатал куммалал жанире къарарлъараб.

КIицIул росу бухIиялъ загIиплъун араб тарих,

ГIуламаалги рехсон дагьаб загьир гьабизин.

Сверухъ росабазего жиндир баркат гIамлъарав,

Нус-нус сонал аниги зияратал къотIичIев,

ХIайваназул лълъурдузда нуралъул чирхъал ракун,

Караматал АЛЛАГЬАС загьир гьабурав вали,

ДугIаялъе жавабал гьаб жакъаги якъинав,

Машдасезул хабалалъ - мубарак АхIмад-шайих.

Росу гIуцIаралдаса тIоцебе хIеж борхарав,

БахIарчи Шакъал-хIажи, АЛЛАГЬ жинда гурхIаяв.

Къабруялда жаниса суал борхун кIалъарав,

Мамадибирасул вац, камил Закари-шайих.

Гьаб халкъалъе рахIматлъун Халикъас жив вижарав,

ГIусманил МухIаммад-шейх, насиблъаги баракат.

Жидер баркат щвеялъе далаилал якъинал,

Гьел гурелги гIемерал шайхалгун вализаби.

Живго имам Шамилас кваранаб кверлъун тарав,

Наибзабазул наиб, мудир КъебедмухIаммад,

Гьесие кумекалъе къолдабилъун рукIарал,

ГIалим Мирзал МухIаммад, гьесул вац ХIамзатхIажи,

МустIафалазул чIухIи, наиблъиялъул къази,

ГIалимзабазул эмен, гIалим КIудияв Мирза.

ХIукму камилав вали, наиблъиялъул муфти,

Караматал гIемерав КIудияв ГIабдулкъадир.

Гьезул нухмалъиялда шагьидлъи жидей щварал,

ТIелкьадерил бахIарзал, нужер баракат щвайги.

ГьитIинаб АхIулгохIлъун тарихчагIаз рикIкIараб,

КIиго моцIгIан заманалъ сверун ккун рагъ лъуниги,

Ракълил къотIи хъван гуреб бахъизе кIвечIеб хъала,

АЛЛАГЬАСУЛ рахIмат-цIоб даимлъаги росдае.

ХIежалде аралъусан росдае баркаталъе,

ХIабибасул байрахъгун нахъвуссарав мубарак,

Гьидерил росабазе наиблъун жив витIарав,

ГъазимухIаммад-хIажи, тIокIлъаги дур даража.

Кварида валелъубги каранлъ кьабгIараб малалъ,

Тушман чIварав бахIарчи, наиб МуртазагIали.

ТIелкьадерил ГъалбацIан гъазизабаз цIар тарав,

ГIанада-майданалда шагьидлъарав Жаватхан.

Гъадичулазул тухум жидедалъун гвангъарал,

КIиявго ГIабдулкъадир ва рекъав Мирза-хIажи.

Жиндир бахIарчилъиялъ дандиял гIажизлъарав,

ГIабдулкъадирил валад мухIтасиб ГIабдуррахIман.

СогIаб Сибирь ракьалда хъизан-агьлуги лъугIун,

Халикъасул Къудраталъ рокъов вачарав лъимер,

Иман бугез квербакъун, камилав гIалим лъугьун,

ДугIа жиндир къабулав вали ХъахIав МухIаммад.

Жиндирго муридзаби ХIасан-афандиясги (къ. с.),

Зияраталъ ритIарав баракат тIокIав вали,

Жиндир баракат-рахIмат росабалъ тIибитIарав,

Шамсудинасул къабру - лъездасезул хабзалалъ.

ГIалимзабазул чирахъ, гIулумазул мазрагIат,

КъурбангIалил баракат камугеги халкъалъе.

ТIолго жамагIаталъе рахIматлъун кьурав вали,

МахIмудил МухIаммадги - караматазул бахIру,

ГIубайдат, АхIмад, Дибир, НурмухIаммад Дибиргун,

Къун унеб гIелмудул ицц цIи гьабун бажарарал.

ГъветI-хералъул тасбихIал рагIулин бицен бугев,

ИмангIалил зиярат - баракаталъул магIдан.

Ражабил Дайитбеггун ГIабдужалил МухIаммад,

ГIумарил вас ГIабдужан цинги гьитIинав Мирза.

Къебедасул МухIаммад, ХъаштIайил ГIали гIадал,

Караматал загьирал Бичасул вализаби.

ГIумархIажил МухIаммад, ХIажимухIаммад гIалим,

Устарлъиялъул макъам жидей хIакъал куммалал.

Шарифгун ШагIман-дибир, ТIогьохъ – Ибрагьим-хIажи,

Хириявгун Бибулат, ХIамзатил ГIабдуррахIман.

ДугIа-сабаб къабуллъи, гIелмуялъул камиллъи,

Росабалъ тIибитIарав Гьаба Лабазан гIалим.

МухIаммадхIажиявгун, ГIадамусал МухIаммад,

Жиндир къвакIи бергьиналъ масжид къазе гьукъарав.

Масжидул кIалтIу цIунун, ханжарги къватIиб бахъун.

РухI кьезе жал хIадурал бахIарчиял умумул,

Гучал мунапикъзаби гIодор къулизе гьарун,

Гьелъие квербакъарав Бичасе даимаб рецц.

Жидер варагI-такъваялъ росдае баркат щварал,

Жиде-жидер заманалъ росдай имамлъи кьучIал,

ГьинтIаса Бахъухъилав, Мурухъа ХIажимуса,

Гьонодасезул чIухIи - Бараатил МухIаммад,

Гьолокьа Мамадибир, Гъогъолъа ГIабдулкъадир,

ГIасаса НурмухIаммад – ЯгIсубиясул эмен,

Гьел гурелги цогидал росдае баркат щварал,

Щуюхал гIуламаал, ахират кьун рохаги.

Къосарал коммунистаз, чарал мунапикъзабаз,

Зулмуялъул къоринир гъолел устарзабазе,

АЛЛАГЬАСУЛ Къудраталъ чармил къолденлъун тарав,

Жиндир гIелму-гIакълуялъ дандиял хIайранлъарав,

Устарлъиялъул макъам жиндие къарарлъарав,

Мирзал ГIабдуллагьил валад, ГIабдуллагьил МухIаммад.

Мирзал МухIаммад гIалим, цинги ХIочол МухIаммад,

КъурбангIалил ГIисагун, хадув ГIусманил ХIассан,

КъурбангIалил Насруллагь, ГIабдужалимил АхIмад,

АЛЛАГЬАСУЛ цIоб-рахIмат даимлъаги нужее.

Мирзал МухIаммал Давуд ва Лъездаса Назирбег,

ГIажамал рукIаниги гIалимзабалъ рекъела.

Дир загIипаб лъаялда данде рачине кIвечIел,

Лъай-гIакълу цIикIкIаралаз тIаде цIикIкIине гьаре!

Зулмуялъул къорикьа Бичасул къадаралда,

Ислам къватIиб борчIидал гIун бачIунеб гIелалъе,

ГIелмуялъул дарсазе ратарал гIалимзаби,

ГIабдуррахIманил ИсхIакъ, ГIамирханил ГIабдуллагь.

Гьез малъараб нухдаса, АЛЛАГЬ разияб хIалалъ,

Хьвадарал гIолилазул камиллъаги гIулумал.

Мунагь кколарев инсан гIицIго аварагзаби,

Гьазулгун нилъер Бичас тIолго мунагь чураги.

Нижер устарзабазул даражаби тIокI гьаре.

XIуснул хатиматги кьун хвалда ритIун ккезаре.

 

 

МухIаммаднаби ГIабдулаев, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...