Аслияб гьумералде

Ленинградалъул блокадаялъул хIакъикъат

Ленинградалъул блокадаялъул хIакъикъат

Ленинградалъул блокадаялъул хIакъикъат

Нилъеца гIумру гьабун бугеб мех буго кутакалаб квен-тIех, ретIелхьит гьарзаяб. Нилъеда, хасго гIун бачIунеб гIелалда, ккола гьадин букIун батилин кидагойилан абун.

Цогидаб заманалъулцин бицине ккеларо, гьабсагIаталда Африкаялъул континенталда гIумру гьабун ругезул гIемерисезе щоларо гIорцIизегIан кваназе квенцин. Гьединго балагье тарихалде. КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда букIана кутакаб ракъикъеч. Амма бищунго къо бихьарал гIадамал ккола Ленинградалъул блокадаялда рукIарал.

900-гIанасеб сордо-къоялъ бетIер тIаде борхизе течIого сверун ккун рукIана гьел. Гьеб заманалда жаниб 650 азаргоялдасаги цIикIкIун чи хвана. Гьезул лъабго процент гурони хвечIо тушманасул гулликье ккун. ХутIарал хвана ракъуца. Гьезие кьолеб букIараб чадил хIакъалъулъги киназдаго лъала. Гьелда гъорлъ цIакъго дагьаб къадар гурони ханждал букIунцин гьечIо. ГIемерисеб мехалъ чед гьабулеб букIун буго цIулал ххара яги гъотIол макъар ххенон.

Гьединабцин чед байбихьуда сордо-къоялъе 600 грамм кьолеб букIун батани, ахиралда гьеб къадар 250 граммалде ккун букIана. Гьединаб чед гьабизе байбихьана киналниги нахърателал лъугIараб заманалда. ХIатта гIадамазе квание хIалтIизабуна хIанчIазе ва боцIуе хIадурараб квен, гьелъги саламатаб заманалда ракъи ккуна

Гьединаб хIал букIаниги, гьел чагIаз яхI рехичIо. Гьелъие нугIлъи гьабула цоцазе гьабулеб букIараб кумекалъул, чадил цо гьитIинаб кесек тIаса бекун цогидасе кьеялъул хIужабазул рицунеб рагIараб мехалда. Балагье гьанже нилъехъги.

Рощнолъе бан батула щибго ккечIеб нигIмат, ретIелкун. Доб цебе рехсараб гIадаб хIал нилъедеги бачIине рес буго гьедин нигIмат инжит гьабулеб бугони. Борцеха нилъелъ бугеб чIухIиги, дозулъ букIараб гIадатлъиги. Диналъул агьлу, гьедин тIасан ккун рукIине бусурбабазе рекъоларо.

Исламалъ нилъ ахIула чIухIиги рехун тун, гIадатияб гIумру гьабиялде. Нилъее кьурал нигIматаздаса берцинго, къиматалда пайда босиялде. Гьеб кинабго жоялда цIарги буго шукру гьаби. РачIа, диналъул агьлу, нигIматазе шукруги гьабун, Аллагьасе гьабулеб гIибадат цIикIкIинабилин.

САЛМАН МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...