Аслияб гьумералде

КIвар бугеб суал

КIвар бугеб суал

Рогьалил какилъ «Магьдина» цIаличIого тола цо-цо гIолохъабаз, гьеб суннатаб жо бугинги абун. Гьединго кIарчанлъи биччала «Важагьту» цIалиялъулъ ва «АлхIам» цIалун хадуб цIалулел Къуръаналъул аятазулъ. Цоцоязин абуни суал кьола «Магьдина» цIаличIого тани, как биххулищин абун. Биххуларо.

ЖамагIаталда «Магьдина» цIалулаго имамас дугIа жиндаго хас гьабиларо, киназего щвезабун гьабила, ай «ни» абурал ахиразда «на» абун цIалила, цебе ишара гьабураб куцалда. Ахиралда «ни» абураб жоялъул магIна ккола «дун, дие» абураб. «На» абуралъул - «ниж, нижее» абураб.

«Фа иннака такъзи» абураб бакIалде щвезегIан имамас «Магьдина» цIалулаго хадув вугес «амин» абила, гьенибе щвезегIан цIалулеб жо дугIа кколелъул. Гьелдаса хадуб ахиралде щвезегIан имамас цIалухъе цIалила хадув вугесги, Аллагьасе ﷻ рецц гьаби кколелъул гьеб. Имамас «Магьдина» цогидазда рагIизабун цIалула, гьесда хадуб «амин» абулез «аминги» тIатун абула.

Имамас ахиралде щвезегIан «Магьдина» тIатун цIалула, хадуб как балез «иннака такъзиялдаса» хадуб гьесда цадахъ балъго цIалула. Имамасул «Магьдина» рагIулеб гьечIони, хадуб как балес авалалдаса бахъараб ахиралде щвезегIан «Магьдина» жинцаго цIалила. «Астагъфирука ва атубу илайкаялъул» бакIалда имамас «настагъфирука ва натубу илайка» абила.

Жинцаго как балев чиясе, халат гьабиялда разилъулел цого чагIазул имамасеги гьаб хадуб рехсараб дугIа цIализе лъикIаб буго:

«Аллагьумма инна настагIинука ва настагьфирука ва настагьдика ва нуъмину бика ва натаваккалу гIалайка ва нусни гIалайкал хайра куллагьу, нашкурука ва ла накфурука ва нахлагIу ва натруку ман яфжурука. Аллагьумма иййака нагIбуду ва лака нусалли ва насжуду ва илайка насгIа ва нахIфаду, ва нахша гIазабака Инна гIазабака жидда биль куффари мульхIикъун. Аллагьумма гIаззибил кафарата валмушрикина агIдаака агIдаа ддин. Аллазина ясуддуна гIан сабилика, ва юказзибуна русулака ва юкъатилуна авлияака. Аллагьуммагъфир лильмуъминина вальмуъминати, вальмуслимина, вальмуслимати ал ахIяи мингьум вал амвати. Аллагьумма аслихI зата байнигьим ва аллиф байна къулубигьим важгIал фи къулубигьимул имана вал хIикмат ва саббитгьум гIала миллати расулика ва авзигIгьум ан юфу бигIагьдика аллази гIагьадтагьум гIалайгьи, вансургьум гIала гIадуввика ва гIадуввигьим илагьал хIакъкъи важгIална мингьум».

Гьаб ккола ГIумар-асхIабасул «Магьдина». Гьабги цIализе хирияб буго. Цоялда къокълъизе бокьани, цебесеб цIалун тела, ай нилъеда лъалеб, аварагасдасан бачIараб «Магьдина».

«Магьдина» цIалулаго кверал цере ккола ва гьоркьохъеб хIалалъ рорхула, кверал гIицIго рукIинеги суннатаб буго. ЦIалун лъугIараб мехалъ гьел гьурмада рахъуларо, рорхун рукIаго кIиялго кверал данде къазе рекъаралги руго. «Магьдина» цIализе суннатаб буго рогьалил хутIараб как бецIулеб бугони, гьединго суннатаб буго рамазан моцIалъул кIиабилеб бащалъиялда витруялъул ахирисеб ракагIаталъул рукугIалдаса игIтидалалде тIаде рорхараб мехалъ.

Гьединго суннатаб буго ракъдаллъи, вабаъ, рагъ гIадаб балагь бусурбабазде бачIун бугони. КIиго бусурманчиясде балагь бачIун бугоницин суннатаб буго «Магьдина» цIализе. Гьединго «Магьдина» цIализе суннатаб буго бусурбабазе пайда бугев шайих, вали, гIалимчи, гIадилав хан гIадав чиясде балагь рещтIаниги. Гьелъие гIоло цIалулеб «Магьдинаги» паризаял каказул ахирисеб ракагIаталда цIалула.

Имамас букIа, батIаго как балев чияс букIа, гьебги рагIун цIалула. «Магьдина» цIалун лъугIун хадуб гьеб балагь тIаса босеянги гьарила. Гьеб мехалъ кверазул мугъаб рахъ эхеде гьабула. Кин бугониги «Магьдина» яги гьелъул цо бутIа цIаличIого хутIани, какил ахирисеб «АттахIият» цIалун хадуб салам кьелалде цебе сагьвиллъиялъул сужда гьабизе суннатлъула, «Магьдина» борчIиялъул мукъсанлъи бацIцIине. Жибго «Магьдина» цIаличIониги, сагьвиллъиялъул сужда гьабичIониги как холаро, кириялдаса махIрумлъула.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...