Аслияб гьумералде

Диналъул аслаби лъаялъул къецал

Диналъул аслаби лъаялъул къецал

ГIун бачIунеб гIелалда гьоркьоб ислам тIибитIизабиялда, гьел битIараб тарбия кьун куцаялда, диналъул аслаби лъазариялда сверухъ кIудияб хIалтIи гьабула Шамил районалъул имамзабаз. Гьеб мурадалда гIуцIарал къецал тIоритIана дагьал церегIан къоязда ХIотода росдал имамас.

Масала, росдал школалда имам АхIмад ГIалигIумаровас тIобитIана исламияб конкурс. Къецал рукIана «Диналъул аслаби» тIехьалдаса 7-11 классазул школлъималазда гьоркьор. Конкурсалда гIахьаллъи гьабуна кIикъого цIалдохъанас. Баракатаб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имам МухIаммад ГIариповасги.

«Имам ШафигIица абухъе, лъай кколаро нилъеца лъазабураб, лъай ккола нилъеца мунпагIат босулеблъун жиб бугеб жо. Аллагьас нужеца лъазабурабщинаб, тIоцебесеб иргаялда, нужеегоги сверухъ ругезеги мунпагIат бугеблъун гьабеги», - ян абуна АхIмад ГIалигIумаровас. ЦIалдохъабазе лъикIал насихIатал гьарун кIалъана ХIотода росдал школалъул директор ГIалило МахIмудовги.

Къецазул хIасилазда рекъон, лъабилеб бакI щвана Хадижат Мусаевалъе, кIиабилеб бакI кьуна ГIайшат Ибрагьимовалъе ва тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана ХирамухIаммад МахIмудов. Бергьарасе щвана грамота ва къиматаб сайгъат, призалъулал бакIал ккуразе кьуна грамотаби ва гIарцулал сайгъатал.

Гьединго, дагьаб цебегIан АхIмад ГIалигIумаровас тIобитIана ХIотода мадрасалъул лъималазда гьоркьоб битIун какичуриялъул ва как баялъул къецалги.

Лъималазде рокьигун гьабулеб имамлъи

Лъимал гьитIинаб къоялдасаго унго-унгояб хIалалъ диналде руссинаризе, гьеб гьуин гьабизе, щулияб кьучI гьезулъ лъезе къваригIуна гIураб заман. Гьедин кIвахI тун гьеб иш нухда бачунев, лъималаздехун гIажаибаб рокьигун, ракI-ракIалъ жиндирго хIалтIи тIубазабулевлъун вуго ХIотода росдал имам АхIмад ГIалигIумаров.

АхIмад имамлъун тIамуралдаса лъагIел бачIониги, гьесул хIалтIул хIасилал цIакъ лъикIал руго. ГIун бачIунеб гIелалъе мадрасалда дарсал кьей гуребги, А. ГIалигIумаровас лъимал цIала спорталдеги. Школалъул цIалуе, тренировкабазе квалквал кколаредухъ, хасаб графикалда рекъон мадрасалда дарсал лъола имамас. Рази руго гьесдаса лъималгун гIолилал ва росдал жамагIат.

Нижер баян: АхIмад ГIалигIумаров гьавуна 1998 соналъ ХIотода росулъ. ЦIалана Гъизилюрталда. Школа лъугIидал вачIана магIарухъе, ГIасаб росулъ бугеб мадрасалда цIализе. Гьеб лъугIидал тIамуна ХIотода росдал имамлъун.

ПАТIИМАТ ЖАМАЛУДИНОВА

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...