Аслияб гьумералде

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Аллагьасул ﷻ берцинал цIарал руго, гьел цIараздалъун нужеца Аллагьасда ﷻ гьаре», - абун.

Бухариясги Муслимицаги бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Аллагьасул 99 цIар буго, щив чи вугониги гьел цIарал рикIкIун, гьев Алжаналде лъугьина», - ян. ЦIарал рикIкIиналъул магIна цо-цо гIалимзабаз рекIехъе лъазаруниян абунги гьабулеб буго. Гьал хириял цIаразул магIнабиги лъани, кидаго гьел рикIкIунелги ругони, гьев чиясе Аллагь ﷻ вокьила, Аллагьасе ﷻ гьевги вокьила, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ кIодолъиги лъала. Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее кидаго гьел рикIкIине.

1. Аллагьу

- гьаб ккола Аллагьасул ﷻ бищунго кIудияб цIар, Аллагь ﷻ тун батIиясда лъураб цIарги гуро. Гьеб ккола 99 цIар жанибе бачараб Аллагьасул ﷻ хирияб заталда хасаб цIар.

2. Ар-РахIману

- гурхIел-рахIмат гьарзаяв, ай кинабго жоялъе Жиндир рахIмат-гурхIел гIатIидав. Гьебги Аллагь ﷻ гуресда лъураб цIар гуро.

3. Ар-РахIиму

- нигIмат-цIоб даимав, жиндир рахIмат тIагIунарев.

4. Аль-Малику

- ханзабазулги хан, къиямасеб къоялъул хан, хIакъикъияб ханлъи Жиндие гурони гьечIев.

5. Аль-Къуддусу

- вацIцIадав, киналго гIайибаздаса, гIунгутIабаздаса Жив вацIцIадав, гIакълаби нахъгIунтIиялдасаги Жив вацIцIадав.

6. Ас-Саламу

- халкъалда гьоркьоб салам тIибитIизабулев, киналго гIайибаздаса, мукъсанлъиялдаса, паналъиялдаса Жиндир зат бацIцIадав.

7. Аль-Муъмину

- гIазабалдаса Жиндир вализаби хвасар гьарулев, лагъзадерие гьабураб къотIи ритIухъ гьабулев.

8. Аль-Мугьаймину

- Жинца халкъ цIунулев, гьелда тIад хъаравуллъи гьабулев, халкъалъул гIамалал, ризкъаби, ажалал рилълъанхъизарулев, халкъ хьихьизе, цIунизе тIаде босарав.

9. Аль-ГIазизу

- тIадегIанлъи Жиндие хасав, бергьарав, сунцаго квегъуларев, къуватав, Жиндаса щибго жо бергьунарев, Жив сундасаго бергьунев.

10. Аль-Жаббару

- Жиндие бокьараб лъугьунев, Жиндир хIукмуялдаса щибго жо борчIуларев, бокьараб жоялъе халкъ квегъулев.

(Хадусеб букIине буго)

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...