Аслияб гьумералде

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Цересел номеразда нилъеца байбихьи гьабун букIана Аллагьасул ﷻ берцинал цIарал рехсезе. Гьениб баян гьабун букIана тIоцебесеб къого цIаралъул.

21. Аль-Къабизу - Жиндир гIадлуялдалъун бокьарав чиясе рикъзи къварид гьабулев, рухIал росулев.

22. Аль-БаситIу - Жиндир сахаватлъиялдалъун, гурхIелалдалъун бокьарав чиясе рикъзи, нигIмат, лъай гIатIид гьабулев.

23. Аль-ХIафизу - къосарав, шаригIаталдаса вахъаравщинав чи Жинца басра гьавун гIодовегIан гьавулев.

24. Ар-РафигIу - тIагIат гьабурал муъминзаби тIадегIан гьарулев, зобал, накIкIал рорхат чIезарулев.

25. Аль-МугIиззу - бокьарав чи къуват, бергьенлъи, гуч кьун тIадегIан гьавулев.

26. Аль-Музиллу - Жиндие бокьарав чиясдаса къуват, бергьенлъи, гуч кодоса бахъун, гьев басра гьавулев.

27. Ас-СамигIу - кинабго рагIулев, кигIан балъгоябги жинда рагIулареб щибго гьечIев, кигIан гьитIиналги гьаркьазда Жив нахъгIунтIулев.

28. Аль-Басиру - кинабго бихьулев, загьирабги балъгоябги Жинда бихьулареб щибго жо гьечIев, кигIан гьитIинабги жоялда Жив сверун лъугьарав.

29. Аль-ХIакаму - халкъазда гьоркьоб бокьухъе хIукму гьабулев, хIакъабги тIекъабги батIа бахъулев, Жиндир хIукму нахъчIвазе кIолев щивго гьечIев, Жиндир хIукмуялда гIайиб чIвазе лъидаго кIоларев.

30. Аль-ГIадлу - гIадлу битIарав, жив зулму гьабиялдаса вацIцIадав.

ГIАЛИ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...