Аслияб гьумералде

Исламиял гIелмабазул докторзаби

Исламиял гIелмабазул докторзаби

ГIемераб заман инчIо МухIаммадгIарифафандиясул цIаралда бугеб Дагъистаналъул исламияб университеталда исламиял гIелмабазул докторасул даражаялъе къимат кьолеб диссертациялъулаб совет гIуцIаралдаса. Араб соналъ гьеб советалъ тасдикъ гьавуна исламиял ункъо гIелмабазул доктор. Гьале исанаги гьеб советалъ хIалтIи чIезе течIо. Гьал гIагарал къоязда докторасул даража кьуна ункъо соискателасе.

Диссертациялъул совет гIуцIун букIана гIелмабазул докторзабадасан, кандидатаздасан ва машгьурал гIалимзабаздасан. Видеоялъул хурхеналдасанги рукIана къватIисел пачалихъазул институтазул докторзаби гьеб мажлисалъухъ балагьун, хас гьабун СагIудиязул ГIарабиязул Къираллъиялъул Уммул-Къураялдаса гIалимзаби. Гьезул цояв ккола Дагъистаналъул муфтиясул кумекчи МухIаммад МухIаммадов. Гьесул хIалтIи ва цIех-рех букIана Дагъистаналда щуябго какил заман битIун чIезабиялда тIасан. Гьелда тIад гьабураб хIалтIул хIасил цебелъун баян гьабуна диссертациялъулаб советалъе.

Хадусев соискатель ккола МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имамасул наиб МухIаммад МухIаммадов. Гьесул тема букIана: «Аллагьасул сипатазул хIакъалъулъ ругел хIадисал. ЦIех-рех ва дандекквей: цереселги гьанжеселги гIалимзабазул пикруялъул», - абураб.

ЧIикIаб росдал имама ГIабдуллагь Ацаевасул тема ккола: «Тасаввуф гIелмуялъул хиралъи - инсанасул нафс квегъиялъулъ исламалъул тарихалда ва гьабсагIаталда», - абураб. Ацаевас гъваридго гьабун бугоан гьеб темаялъул гIелмияб цIех-рех. Лъиего балъгояб жо гуро, Дагъистан кидаго буго тасаввуфалда хурхараб бакI. Лъиегоялдасаги цIикIкIун гьелъул бичIчIи хIажатаб буго дагъистаниязе. Гьелда тIад гьабураб гIелмияб хIалтIиялъул хIасил цебе лъуна Ацаевас гьеб советалда. Гьезги къабул гьабуна ва докторасул даражаялъе мустахIикъавлъун рикIкIана.

МухIаммадов АхIмадил диссертация букIана: «Исламалда жаниб гъоркьлъалие жо лъей. Имам ШафигIиясул мазгьабалда гьелда сверун бугеб бахIс», - абураб.

Рецц Аллагьасе буго, Дагъистаналда гIелму гьарза гьабуралъухъ. Цогидазе гIадин нилъее рахърахъалде гIелму балагьун ине хIажалъи гьечIо. Рокъорги рукIаго бокьараб гIелму босизе рес бугел гIадамал тохлъани, гьебги щвечIого хутIула. Гьединлъидал БетIергьанас кьураб ресалдаса пайдаги босун, кIвараб гIелму босизе хIаракат гьабизе ккела киназго. Гьединго чара гьечIо нилъер ругел гIалимзабазул къимат гьабичIогоги. Нилъеца адаб гьабулеб гьечIони, гьездаса пайда дагьаб гурони щоларо.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...