Аслияб гьумералде

ГIорхъолъа араб...

ГIорхъолъа араб...

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола гIорхъолъа араб къарумлъи», - ян. (ТIабарани)

Гьединго, Абу Гьурайратидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Заман къокълъизе буго, гIамалал дагьлъила, къарумлъи гьарзалъила», - ян. (Бухари)

МугIавиятидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «ГIамал гьабизе захIмалъизе буго, къарумлъиги гIадамазулъ цIикIкIине буго», - ян. («Ал-МажмугIул Кабир», ТIабарани)

Къарумлъи какун ва гьеб тарасе бугеб рохел бицун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Нужеда хIалкIвараб хIалалда нуж Аллагьасе мутIигIлъе, Гьесухъ гIенекке ва Гьесул гIазабалдаса хIинкъа! Ахираталъе батизелъун нужерго боцIи-мал напакъаде кье! Жидерго напсалъул бахиллъиялдаса жал цIунарал, гьелъул хъантIи ва сурукълъи жидеца къезабурал гIадамал руго бахьи буголъиялда кверщел батарал», - ян. (Сура «Ат-Тагъабун», аят 16)

Жабиридасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Зулму гьабиялдаса нуж хIинкъа, зулму къиямасеб къоялъул бецIлъи буго. ГIорхъолъа араб къарумлъиялдасаги хIинкъа. Нужеда цере рукIарал къавмал къарумлъиялъ, хIалалаб гурелде къасд гьабун, цоцазул би тIун, гьалаг гьаруна», - ян. (Муслим)

Квешал тIабигIатал, гьайгьай, гIемерал руго. Гьездаса къарумлъи щай рикIкIараб къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан? Къарумав чиясул Аллагьасда иман лъей загIипаб букIиналъ. Гьесда ракIалда ккола садакъа гьабиялдалъун боцIи дагьлъулин абун, ризкъи кьолев Аллагь ﷻ вукIингун цадахъ. ХIадисазда буго садакъа кьеялдалъун инсанасул боцIи дагьлъуларин абун. Амма къарумав чиясда гьелъул гIаксалда ракIалде ккола.

Къарумлъиялъул гIорхъолъа араб гIаламат ккола инсан жиндаго тIадцин гIарац хвезабизе къарумлъи. Чанги бечедав чи вукIуна, банказда миллионалги лъун, мискин-пакъираз гIадин гIумру гьабулел.

Абубакаридасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Гьал хадур рехсарал тайпаби алжаналъуре лъугьунаро: рагIи кколарев, жинда мугъчIвай гьабизе бегьуларев ва къарумав чи», - ян. (Тирмизи)

Камил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...