Аслияб гьумералде

Бича-хиси гьарзалъи

Бича-хиси гьарзалъи

Абугьурайратица аварагасдасан ﷺ бицана: «Питна тIибитIун, гьереси гIемерлъун ва базарал гIагарлъун гурони къиямасеб къо щвеларо», - ян («Муснад», АхIмад).

Къиямасеб къоялъул загьирлъарал гIаламатаздасан ккола базарал гIагарлъи, ай бокьухъе бича-хиси гьабизе рес букIин. Цере бича-хиси гьабизе варанабаздаги рекIун, чанго къойил манзилалъ ине кколел рукIана. Заман анагIан, экономика цебетIедал, телефонал, компьютерал ва интернет баккидал, щивав чиясул рес буго рокъовги вукIун бокьараб жо интернеталдасан босизе. Амма къиямасеб къоялъул гIаламатал кидаго гуро квешал рукIунел. ТIадеги, бича-хиси гIемерлъидал гIадамазе гьелъулъ бигьалъаби руго. Масала, базарал гIагарлъиялъеги лъабго аслияб гIилла буго.

ТIоцебесеб – къайиматIахIалъул багьа-къадаралъул баян хехго тIибитIи. Цо бакIалда къайиялъул багьа учузаблъун ялъуни багьаяблъун бугони, гьелъул хIакъалъулъ хехго лъала киназдаго.

КIиабилеб – къайи хехго босулесухъе щвей. Бича-хиси ва къотIи-къаял гьаризе манзилалъул захIмалъаби гьанже гьечIо. Къайи баччулеб техникаялъул цебетIеялъ рес буго дунялалъул бокьараб рахъалде къайи хехго битIизе.

Лъабабилеб – конкуренция гIемерлъиялъ къайиялъул багьа цо мухъде бачIин.

КАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...